Новость на родном

10000 гъурщица ургъел тIаса босараб куц

  1 сентябралде лъимал школал­де хIадуризе биччараб 10000 гъу­рущ кьезе байбихьана улкаялда. Гьеб гIарац щвезе буго школалде унеб лъимер рикIкIун щибаб хъи­замалъе. Байбихьуда бицен букIана гьеб гIарац августалъул бащалъи ун хадуб кьезе бугин, амма РФялъул президент Владимир Путиница лъа­забуна гьеб тадбир гIедегIизабеян. ГIарац щвезе бигьалъула Госус­луги сайталда (www.gosuslugi.ru) хъвай-хъвагIай бугев чиясе. Гьанжеялдего гьеб гIарац щва­рал...

Новость на родном

 ЦIунтIа районалъул цIияв нухмалъулев

      27 июлалда ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулевлъун тIамуна АхIмад ХIамзатов.     Гьес рагIи кьуна республикаялъул бетIерасул божилъи ритIухъ гьабизе ва ЦIунтIа район цебетIезабиялде кIвар кьезе.   ГьанжелъагIан гьеб хъулухъалда вукIарав Шамил МухIамадов жинда сверухъ байбихьараб цIех-рех рагIалде бахъинегIан гIодов чIезавун вуго.    Цо млн гъурщиде гIагарун ришват босулеб батанилан, ФСБялъул хIалтIухъабаз гьев ккуна...

Новость на родном

Гъамсукье тIадруссине бокьун буго, амма…

        Гьал къоязда ДРялъул Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялда гьоркьоб лъун букIана Гъамсукь росдал суал. Гьелъул бицана рехсараб министерствоялъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель ХIабиб Жанаевасги ЧIохъ росдал администрациялъул бетIер Салим Салимовасги.       Салимовасул рагIабазда рекъон, Гъамсукь цIи гьабизехъин буго. Амма гьабсагIаталда туристалги хьвадулеб чIунтараб росулъ гуреб, гьелда гъоркь, лъарал рагIалда минабиги ран. Гьединго С. Салимовас...

Новость на родном

ГIИДАЛЪУЛ КЪОЯЛДЕ САЙГЪАТ

     Россиялъул предприниматель ва политик, сенатор Сулейман Керимовас «Инсан» гурхIел-рахIмуялъул фондалде кьуна 5000 бетIер гIиял. Къурбан-гIидалъул хIурматалда хъураб гIиял гьан бикьана республикаялъул ресукъал гIадамазе.     «Исана Керимов гIахьаллъана «Инсан» фондалъ щибаб соналъ республикаялда тIобитIулеб «Щибаб рокъобе гьан» абураб акциялда. «Бурхан» абураб фондгун цадахъ нижеца гьан бикьула республикаялъул ресукъал гIадамазда гьоркьоб. Керимовас гьоркьоса къотIичIого гьабулеб...

Новость на родном

ЩУГО СОНАЛДА ЖАНИБ – 180 «МАГНАТ»

           Гьал къоязда Каспийскиялда рагьана «Магнит у дома» ва «Магнит косметик» абурал дармил тукаби.      Республикаялда тIоцебе рагьулеб «Магнит» ПАОялъул тадбиралда гIахьаллъана РФялъул промышленносталъул ва дармил министр Денис Мантуров, ДРялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Сергей Меликов, ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатIахI ГIамирханов, «Магнит» ПАОялъул бетIерав директор Ян Дюннинг ва цогидалги.      «Республикаялда гIадамаз цIикIкIун...

Новость на родном

ДАНИЯЛОВ «ВАХЪИЗЕГИ» РЕС БУГО

        МахIачхъалаялъул мэриялъ лъазабуна ралъдал рагIалда, Родопалъул бульваралда, гIадамал тира-сверизе санагIалъи букIинелъун гьениса ГIабдурахIман Данияловасул памятник нахъе босизе бугилан. Гьеб лъезе кIиго батIияб бакIги бихьизабулеб буго: Данияловасул цIаралда бугеб къватIалъул байбихьуда, ай Коминтерна абулеб майданалда, маххул нухлул вокзалалда гIагарлъухъ яги шагьаралъул тIоцебесеб школалда аскIоб.      Шагьаралъул гIадамаз гьелда тIасан пикраби загьир гьаризе бегьула интернеталдасан....

Новость на родном

Меликов магIарухъе щвана

      21 июлалда ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас сапар гьабуна Шамил ва ЛъаратIа районазде. Шамил районалда гьев щвана чIварал вацал ХIасанхIусеновазул эбел-эмен МуртазагIалихъе ва ПатIиматихъе.     Гьезул васал Набиги ХIасанхIусенги чIвана щуго соналъ цере, 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетIербахъи гьабун, жамагIаталъул боцIи хьихьун, магIарда рукIарал гьел аскарияз чIвана, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул...

Новость на родном

ЕГИПЕТАЛДА -РАСУЛИЛ СОРДО

      3 июлалда Египеталъул Александрия шагьаралда тIобитIана Расул ХIамзатовасул творчествоялда ва Дагъистаналъул литератураялда тIасан литературияб мажлис. Гьениб бицана Россиялъулгун Египеталъул литературиял бухьеназул хIакъалъулъги.     Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна журналист Мурад АхIмадовас ва ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас.     Северияб Кавказалъул халкъазул литератураялда тIасан гьеб мажлисалда кIалъана «Кавказалъул гъалбацI» абун имам Шамилил хIакъалъулъ гIараб...

Новость на родном

Лъабго лагералъ рагьана нуцIби

     Дагьаб цебегIан Шамил районалъул МачIада росулъ рагьана Расул ХIамзатовасул цIар кьураб лъималазул цIияб лагерь. Гьеб рагьиялъул хIурматалда рохалилаб тадбирги тIобитIана гьениб.    Шамил райадминистрациялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Меседо Ибрагьимовалъ гьадин бицана лагералъул хIакъалъулъ: «МачIада росдада тIаса, рохьил ахалъуда, гIатIидаб майданлъиялда буго лъималаз риидалил хIухьбахъиялъе бараб гьеб комплекс.    Бихьарасда гурони, гьениб бугеб берцинлъиялъул бицун...

Новость на родном

Ахбазаналъул байрам

      3-4 июлалда МахIачхъалаялда, Пушкинил цIаралда бугеб къотIноб, тIобитIизе буго Ахбазаналъул фестиваль. Гьеб ккола республикаялъул Росдал магIишаталъул министерствоялъ тIобитIулеб тадбир.    Гьелго къоязда тIобитIизе буго республикаялда ахихъанлъи цебетIезабиялда хурхун гIелмияб конференцияги, букIине буго кIудияб ярмаркаги.      Жидерго ахикь гIезабураб нигIматгун магIарухъа гIемерал ахихъаби рачIине руго гьеб къоялъ МахIачхъалаялде. ГьабсагIат хьиндаллъиялда тIад бан бугин абизе...