Новость на родном

Интернеталдасан терроризм гьукъизин

    Дагьал церегIан къоязда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана интернеталдасан терроризм тIибитIизабиялде информациялъулаб дандечIеялъул суалазда тIасан семинар. Данделъи рагьулаго, ДРялъул информациялъул ва печаталъул министр ГIумаргIусман ХIажиевас бицана интернеталдасан терроризмалъул пикра­би тIиритIизариялде данде гьабулеб хIалтIул гIолеб гIелалъе ва улкаялъул букIинеселъе бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.   Данделъиялда гIахьаллъана «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадов, ДРялъул бетIерасда...

Новость на родном

«Шамилил кавабазда» цураб къед биххана

     Чанго къоялъ тIатIалаго ралел чвахунцIадазул хIасилалда, анлъа­билеб октябралда биххана Гъуниб- хъала сверун бараб некIсияб къадал цо бутIа. Шамилил абулел кавабазда цураб къед ккола гьеб. Къед биххана битIун туристаз гьелъул видео бахъулеб заманалда. ТарихчагIазул баяназда рекъон, гьеб къадал халалъи ккола анкь­ нусгоялде гIагарун метр. БакI- бакIалдаса гьелъул биццалъи буго цо метр. Гъуниб-хъала гIурус пачаяс...

Новость на родном

ДРялъул цIияв вакил

      Москваялда РФялъул президен­тасда цебе рагьараб ДРялъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун тIамуна гьанжелъизегIан республикаялъул бетIерасул кумекчилъун хIалтIарав Владислав Толстюк.      Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун инегIан, гьеб хъулухъалда вукIана Жамалдин ХIасанов. Гьесде щвезегIанги гьенир нухмалъи­ялда рукIана ХIажи-Къурбан Шай­даев, ХIажи-МухIамад ХIамзаев, Рамазан Мамедов, Юрий Левицкий, ХIажи МахIачев, Александр Ермошкин, Изумруд МухIудинова.    Гьединаб вакиллъи Москваялда рагьана ДАССРалъул Министрзабазул...

Новость на родном

Кинаб букIараб Меликовасул «лъагIел»

   5 октябралда лъагIел тIубана Сергей Меликов республикаялъул бетIерасул ишал тIуралевлъун тIамуралдаса. 14 октябралда, «врио» абураб цебелъелги нахъе рехун, гьев бетIерлъун тасдикъ гьавизе хIадурлъулел руго Халкъияб Собрани­ялъул депутатал. Жакъа къокъго рицун тела лъагIалида жаниб Меликовас гьабураб хIалтIул цо-цо лахIзатал. Республикаялъул гIузраби Москваялда рагIизари     Цере рукIарал нухмалъулезда дандеккун, республикаялъул гIунгутIаби рахчичIого, гIаксалда, гьел федералияб тIалъиялда...

Новость на родном

ЧIахIиял хиялал, халатал хьулал

     Гьал къоязда Крымалъул Алушта шагьаралда тIобитIана Росси­ялъул Югалъул халкъазул культураялъулгун спорталъул ХII фести­валь. Лъабго къоялъ халат бахъараб гьелда гIахьаллъана 14 команда. 13 спортивияб тайпаялъул рахъалъ Дагъистаналъул командаялъул мухъилъ фестивалалда цеве вахъана 54 спортсмен: квер багъизаби, ба­скетбол, рачелалгун гугари, гиря борхи, тIадагьаб атлетика, столалда хIалеб теннис, квар цIай, чIорбутI речIчIи, мини-футбол, шахматал, шашкаби ва...

Новость на родном

Миллияб политика ва М.Гусаевасул цIалиял

     23 сентябралда МахIачхъалаялда, РАНалъул ДФИЦалда ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъ тIобитIана республикаялъул жамгIиябгун политикияб «Гусаевасул цIалиял» абураб тадбир. Дагъистаналъул миллиял ишазул, информациязул ва къватIисел бухьеназул министрлъун вукIарав МухIамадсалихI Гусаев ракIалде щвезавиялъул мурадалда щибаб соналда тIоритIула «Гусаевасул цIалиял». Исана гьес тIубалаан 70 сон.   Данделъи рагьулаго, ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул...

Новость на родном

Миллиял театразул байрам

     28 сентябралда ГIурус театралда байбихьана халкъазда гьоркьосеб миллиял театразул кIиабилеб фестиваль. ТIоцебе гьединаб фестиваль тIобитIун букIана 2019 соналда.   Гьеб гIуцIизе квербакъана Дагъистаналъул хIукуматалъ, Культураялъул министерствоялъ ва ГIурус театралъ.    Фестивалалъул тIоцебесеб къоялъ театралъул конференц-залалда тIобитIана жюриялъул гIахьалчагIазулгун журналистазул пресс-конференция. Хадуб театралъул кIудияб залалда букIана фестиваль рагьулеб тадбир, ахиралда гьениб бихьизабуна абхазазул гIолилазул...

Новость на родном

Горбода мусруги жемун

     Нахъеги авариял, нахъеги нухазда жаназаби. ХIинкъараб, рахIат хвараб ахIвал- хIал бугин республикаялъул нухаздаян абуни, гьеб ккезехъин буго щибниги абизе- го абичIин абураб гIадаб жо. Араб анкьалъул ва гьалъул байбихьуда цоялдаса цоял ракIгъанцIизабурал авариял ккана республикаялда.     26 сентябралда Грозныялда ккараб ДТПялъул киназдаго рагIун батила. «ВАЗ- 21124» маркаялъул машина речIчIана «ГАЗельгун». ГьитIинаб машинаялда жа-...

Новость на родном

Меликовас гIолилазе насихIат гьабуна

         29 сентябралда Избербашалда ахиралде щвана «Каспий -2021» абураб гIолилазул форум. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул нухмалъу­лев Сергей Меликовги. Гьесул рагIабазда рекъон, 2011 соналда «Каспий» ургъун букIана цIакъ кIвар бугеб проект хIисабалда. Гьелъул аслияб му­рад кколаан гIолилазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи рагIизаби, бу­хьенал щула гьари ва гьунар бугел гIолохъаби тIатинари.    Гьелдаса нахъе араб 10 соналда жаниб...

Новость на родном

Нухал рахъизе ва кьоял лъезе — 1,5 млрд гъурущ

       Исана сентябралда «Безопас­ные качественные дороги» абу­раб миллияб проекталда рекъон, нилъер республикаялъе нухал рахъизе тIадеги 400 млн гъурущ биччан буго федералияб централъ.   Гьедин бицана 28 сентябралда Нухазул федералияб агентство­ялъул нухмалъулесул заместитель Игорем Костюченкогун Батир Эмеевасул ккараб дандчIваялда. ГIаммаб куцалда нухал рахъизе ва кьоял разе Дагъистаналъе Москваялдаса 1,5 млрд гъурущ биччалеб буго (2022...