Республикаялда хиралъулел руго кванил цо-цо нигIматазул багьаби Гьезда гьоркьор рехсезе бегьула картошка, гречка гIадал нигIматал. Мисалалъе, картошкадул цо кило гьабсагIат МахIачхъалаялда буго 50-55 гъурущ. Дагьаб учузго буго гьеб Буйнакскиялда. Аналитиказул прогнозазда рекъон, тIасияб соналъул ихдаде жеги хиралъизе рес буго картошка. Исана республикаялда мукъсанаб гурони бачIин бакIаризе рес ккун гьечIо гьелъул. ...

