Новость на родном

Энергетика: хасалиде 95 проценталъ хIадур руго

    Ахирал соназда хисулел ру­кIа­раздаса 20 нухалъ цIикIкIун токалъул хIубал хисун руго исана республикаялда (7 120 хIуби), лъабго нухалда цIикIкIун рачун руго токалъул кваралги (146, 8 тонна). Анлъго нухалъ цIикIкIун трансформаторалги къачIан руго (887 подстанция).   Гьедин бицана журналистазе «Дагъистан» РИАялъул редакциялда гьелгун дандчIварав «Россети Северный Кавказ» – «Дагэнерго» ПАОялъул Управлениялъул начальник Къурбан ГIумаровас....

Новость на родном

ГIадамал хинлъи гьечIого тезе бегьуларо

Кинаб къагIидаялда тахшагьаралъул коммуналияб магIишаталъ хасалиде дандчIвай гьабулеб бугебали цIех-рех гьабизе ниж щвана МахIачхъалаялъул ЖКХялъул управлениялъул нухмалъу­ лев Шамил МухIамадовасухъе. Гьесул рагIабазда рекъон, централияб отоплени­ ялъул ва хинабгун цIорораб лъим кьолел рогIразул хал-шал гьабун, хисизе кко­ лелъур хисун, къачIазе кколелъур къачIан хIалтIаби гьарун руго.- Исана дунял цу­ дунго цIорозе букIинги хIисабалде босун, нижеца хIалтIабиги цереккунго...

Новость на родном

Советалъ кIвар буссинабуна

      Дагьал церегIан къоязда ДРялъул Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ советалъул данделъи. ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул, УФСИНалъул, профсоюзазул, Гъизилюрт шагьаралъул ва районалъул администрациязул хIалтIухъаби гIахьаллъараб гьеб данделъиялда цебе босун букIана кIиго суал.   ТIоцебесеб, жанир тIамун ругел бакIаздаса (туснахъ, колония) эркен гьарурал...

Новость на родном

Премьер-министрасулгун редакторасул дандчIвай

    Дагьал церегIан къоязда ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановгун данд­чIвана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов. Гьезул хабар ккана магIарул басмаялда тIасан – миллияб газеталъ кIвар кьезе бегьулел суалазда, гьелда церечIарал масъалабазда, гьединго тIадеялъул букIинесеб газеталъул юбилеялда (105 сон) хурхун. — Дие цIакъ асар гьабуна гьеб дандчIваялъ. Жеги тIубан хIукуматги гIуцIун бахъинчIеб, ратанщинал масъалабиги...

Новость на родном

Меликов — Пачалихъияб Советалъул вакил  

  15 ноябралда Россиялъул президент Владимир Путиница хиса-басиял гьарураб РФялъул Пачалихъияб Советалда гъорлъ вуго Дагъистаналъул нухмалъулев Сергей Меликовги. Гьединго гьанжесеб советалда гъорлъ руго цере Дагъистаналъул нухмалъиялда рукIарал Владимир Васильевгун (Пачалихъияб Думаялда ЕРялъул фракциялъул нухма­лъулев) Артём Здуновги (Мордовиялъул бетIер), гьединго Тываялъул нухмалъулевги, Хабаровск края­лъул, Белгородгун Тулаялъул, Пензаялъул, Ульяновскиялъул губернаторалги, цогидалги. Кинавниги 12 чи вуго гьенив.  

Новость на родном

Бастрыкин Дагъистаналда  

       17 ноябралда республикаялде вачIана РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкин. СКРялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул хIалтIухъаби гIахьаллъараб данделъи тIобитIана гьес МахIачхъалаялда. Нижехъе щварал баяназда рекъон, экономикияб рахъалъ хIинкъи гьечIолъиялъул суалазда хурхун ва гьединго ахираб заманалда регионалда ккарал такъсиразул хIакъалъулъ бицана данделъиялда.

Новость на родном

Рукъзал руго, гIарац гьечIо

      Пачалихъалъ бесдалазе рукъзал росизе кьураб гIарац, гьелги росичIого, МахIачхъалаялдаса, Избербашалдаса, Хасавюрталдаса ва Хасавюрт районалдаса нахъбуссун республикаялъул бюджеталдего бачIине рес буго. Гьедин бицана гьал къоязда хIукуматалда тIобитIараб данде­лъиялда ДРялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министрасул ишал тIу­ралев ЯхIя Бучаевас.     Гьеб идараялъул сайталда хъва­вухъе, республикаялда буго жанир чIезе рукъ къваригIараб 3223 бесдал лъимер. Гьезда...

Новость на родном

25 соналъ ссудулеб ругъун

     16 ноябралда Каспийскиялда ракIалде щвезаруна теракталъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал гIадамал. Официалиял кIалъаял гьенир рукIинчIо. Теракт ккараб бакIалда бан бугеб мармаралъул сиялда цебе, кьер-кьерал чирахъалги ракун, тIугьдул лъуна ФСБялъул гIурхъаби цIунулеб управлениялъул Каспийскиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Андрей Карпенкоца ва ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас.      1996 соналъул ноябралъул кватIараб сардилъ, Ленинил къотIноб бугеб гIемертIалаяб...

Новость на родном

ГIадамал хинлъи гьечIого тезе бегьуларо  

         17 ноябралда, ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана данделъи. Гьениб бицана 2021-2022 соназ хаслихълъиялдегун хасалиде ЖКХялъул объектазул бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Гьеб хIалтIи унеб бугеб куцалда хадуб халкквезе ва гьелъул иш рукIалиде ккезабизе гIуцIун буго хIукуматалъул нухмалъулев ГI. ГIамирхановасул нухмалъиялда гъоркь оперативияб штабги. Щибаб моцIалъ штабалъул гIахьалчагIаз хал гьабизе руго цере...

Новость на родном

Рокъосанго цIали букIине гьечIо

      Школлъимал рикIкIадасан цIалулеб низам лъазабизе гьечIин абуна ре­спубликаялъул бетIер Сергей Меликовас. Коронавирусалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицине, 10 ноябралда ахIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда абуна гьес гьедин. ЦIакъго рес къотIараб хIал ккани гурони рокъосанго лъимал цIалулеб низамалде рачIине гьечIо.     Пандемиялда сверухъ ахIвал-хIал цIакъго гIорхъолъа борчIараб куцалда гьечIин бицана С. Меликовас.  ...