Новость на родном

Импорталъул бакIалда

       КъватIисел улкабаз Россиялъе лъазарурал санкциязул хIасилалда дагьлъулеб буго нилъехъе бачIунеб къайи. Гьединлъидал нилъерго гьа- ниб гьабун бажарулеб къайи хIадуризе ургъулел руго цо-цо махщелчагIи.    Гьеб мурадалъ батила, гьал къоязда республикаялъул хьитазул устарзабазул ассоциациялъул вакилзабигун дандчIвана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов. Масала, тумазул устарзабаз гьарулел хьитал бищун церетIурал италиялъулаздасаги къурал рукIунаро.  ...

Новость на родном

Дагъистаналъул старостаби

       ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана старостабазул хIакъалъулъ бахъараб республикаялъул законалъул проект («Об отдельных вопросах деятельности сельских старост в Республике Дагестан»).       Старостаясул хъулухъ Россиялъул цогидал регионазда билълъанхъизабулелдаса гIезегIан сонал ругониги, республикаялда гьелъул хIакъалъулъ бицине байбихьана росабазул администрациял къаялда хурхун закон къабул гьабизе лъугьиндал. Администрациялги къан, территориалиял...

Новость на родном

1 млрд 520 млн тIаса къотIизе буго

      Экономика цебетIеялъул рахъалъ республикаялда гIуцIараб оперативияб штабалда кIалъалаго, финансазул министр Юнус СагIадуевасда лъикIаблъун бихьана пачалихъиял идарабазе бюджеталдасан биччараб гIарац тIаса къотIизе.    Гьедин гьабуни, масала, Лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министерствоялдаса нахъе инехъин буго 977 млн гъурущ, Спорталъул министерствоялдаса – 82 млн, МЧСалдаса – 50 млн, Культураялъул министерствоялдаса – 26 млн гъурущ.    Гьединго...

Новость на родном

Пачалихъалъ бачина газ

      Гьал къоязда ДРялъул нухмалъиялда тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялда газ бачиналъул хIалтIи щиб даражаялде щун бу- гебали.    Президент Владимир Путинидаса байбихьун гьеб суалалде кIвар кьолеб ва гьелда хурхун гIуцIараб хасаб программаги бугин абуна гьениб. Амма гьедин букIаниги, газ бачинчIого республикаялда хутIун буго 11 район.    Меликовасул рагIабазда рекъон, планалда бихьизабухъе, исана лъагIалил...

Новость на родном

«Нижги хIадур руго ватIан цIунизе»

      Свердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр ккола ГIахьвахъ районалъул ЦIолода росулъа Сайгид Билалов. Щуабилеб марталда гьесги гьесул кIиявго васасги хитIаб гьабуна рехсараб шагьаралъул рагъулаб комиссариаталде.       «Украинаялда хасаб операция тIобитIулеб бугеб заманалда дун, Билалов Сайгид Лабазанович, ва дир васал – Билалов Евгений Сайгидович ва Билалов Шамил Сайгидович – хIадур руго вацлъиялъулаб...

Новость на родном

СКФОялда хIинкъи гьечIолъи чIезаби  

       ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов гIахьаллъана Северияб Кавказалда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ гьал къоязда Грозный шагьаралда тIобитIараб кIудияб данделъиялда.     Гьедин хъвалеб буго республикаялъул бетIерасул официалияб сайталда.      ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ РФялъул Советалъул секретарь Николай Патрушевасул нухмалъиялда гъоркь араб гьеб данделъиялда рукIана Оборонаялъул, Сахлъи цIуниялъул министерствабазул, МВДялъул, МЧСалъул, Генералияб прокуратураялъул,...

Новость на родном

Москваялда кIиго дандчIвай

       10 марталда Москваялда, РФялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Виктория Абрамченкогун дандчIвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов.     Гьез гьоркьоб лъуна республикаялъул северияб рахъалда ругел ракьал ракъдаллъиялде сверулел рукIиналъулги чанго соналъ бацIцIад гьабичIого тараб Терек гIурул тIину хIабтIил цIеялъулги суал. Гьелда бан Сергей Меликовас рахIатхвей загьир гьабуна их щведал гIорги къватIибе кIанцIун, сверухъ гIумру...

Новость на родном

Бокьаниги бокьичIониги…

      Россиялъул аскарияз Украинаялда хасаб операция тIобитIизе байбихьидал, дунялалъул гIемерисел улкабаз санкциял лъазариялда бан улкаялъул экономикаялда кIудиял хиса-басиял кколел руго. Къокъабго заманалда жаниб учузлъана гъурщил къимат, бахана доллар ва гьелдаго цадахъ хиралъана гIемерисеб къайи-цIаги кванил нигIматалги. Гьеб рахъалъ щибго хIинкъизе ккараб хIал гьечIин ва кинабго жидер бербалагьиялда гъоркь бугин улкаялъул нухмалъиялъ лъазабуниги, метерисеб...

Новость на родном

Эбелалъул ракI

      МахIачхъала шагьаралъул Семендералда гIумру гьабулей Мадинат Шахбулатовалъул вас Рамазан, МВДялъул хIалтIухъан, хасаб операция тIобитIулаго лъукъун вукIана. Амма, талихIалъ, гьев чIаго хутIана ва пенсиялде ана. Вас чIаго хутIани, бесдал лъимал хьихьизе рачинин абураб рагIи кьун букIана эбелалъ ва, кьураб рагIиги ккун, хьихьизе бесдал лъимал рачине къватIие яхъана.       Астраханалъул бесдалазул рокъоса...

Новость на родном

Гьереси-учитель

      Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ цIех-рех гьабулеб буго «Земский учитель» абураб пачалихъияб программаялда рекъон щолеб цо млн гъурущ жиндиего тIалаб гьабурав пуланав учителасда хурхун.    Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ цIех-рех гьабулеб буго «Земский учитель» абураб пачалихъияб программаялда рекъон щолеб цо млн гъурущ жиндиего тIалаб гьабурав пуланав учителасда хурхун.