5 маялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас шапакъатал кьуна Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъарал дагъистаниязе. «За заслуги перед Республикой Дагестан» абураб орденалъе мустахIикълъана кIудияв сержант Марат Халикъовги сержант Ибрагьимхалил ХIажиевги (гьезул гьунаразул хIакъалъулъ хъван букIана «ХIакъикъаталъул» цересел номеразда). Гьединго ДРялъул БетIерасул цIар тIад хъварал хасал сагIтал сайгъат гьаруна Донбассалдаса тIадруссарал...

