Новость на родном

ЦIадулгун лъел балагьал нахъчIваялъул бицана

      10 маялда республикаялъул нухмалъиялда букIараб данделъиялда бицана гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалалги цIа ккеялъул хIужабиги цереккунго нахъчIваялъул, гьединго нагагьлъун гьединал хIужаби ккани, гьезул заралалъул хIасил лъугIизабиялъе щиб гьабилебали.   ГьанжегIагар Красноярск краялда цIадуца гьабураб заралги ккана гьеб данделъи тIобитIиялъе гIиллалъун. Гьороца добе-анибе цIаги босун, 60 росдае зарал ккун буго гьениб, анкьго чиги хун вуго....

Новость на родном

Дида ккола рагъда камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин

        9 маялда Бергьенлъиялъул парад тIобитIана Каспийскиялдаги. Гитлерил гIащтIичагIазда тIад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тIобитIулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хIукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Бергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гIолохъабаз майдан къотIун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул БагIараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букIана лейтенант Евгений...

Новость на родном

Мармар-гьецIоялда хъван руго цIарал

     ГIахьвахъ районалда бихьизабуна «ИчIго бахIарчи» абураб документалияб фильм. Гьелда бицунеб буго КIудияб ВатIанияб рагъда фашистазде данде бахIарчиго вагъарав МухIамадзагьид ГIабдулманаповасулги гьесда цадахъ вукIарав жеги микьго солдатасулги хIакъалъулъ.    Данделъиялда фильмалъул хIакъалъулъ бицана гьелъул режиссер, «Звезда» телеканалалъул продюсер Владимир Шуванниковас. ДРялъул мустахIикъав энергетик МухIамад Атуевасги РФялъул МИДалъул Дип­ломатияб академиялъул пре­подаватель, фильмалъул про­дюсер Елена Шуванниковалъги...

Новость на родном

ХъахIилаб экраналдасан гIухьбузул яшав

  Россиялъул телеканалазда — хьвацIихьиталги,  вехьасул къвачIаги, исана гьабураб кьегIерги   Гьал къоязда республикаялда бахъизе байбихьана хъутабаздаса гIи магIарухъе гочиналъул хIакъалъулъ «Перегон» абураб документалияб кино. Гьеб буго РФялъул Культураялъул министерствоялъул квербакъиялдалъун бахъулеб фильм. Гьелъул режиссер ккола Гъуниб районалъул Сугъралъа ГIабдула Бечедов. Москваялдаса рачIарал продюсеразулгун операторазул ункъо чиясдаса гIуцIараб къокъаялъе нухма­лъиги гьабулеб буго гьес. Фильмалъул хIакъалъулъ гьез...

Новость на родном

Бищун берцинаб анкьго бакIалъул цояб — Дагъистанги

      «Дагъистаналда нужее кIудияб асар гьабизе буго мугIруз, къанагIатаб архитектураялъ ва квен-тIехалъ. Гьенире щведал, чара гьечIого рихьизе кколел бакIал руго Басрияб Гьоорибги, ЧIикIаб хIорги, Кужник росулъ (Табасаран район – ред.) тIабигIаталъ гьабураб кьоги, Ханагалъул чвахелоги (Хучни росдада гIагарлъухъ – ред.), Къорода БецIкъварилъиги», — гьедин хъвалеб буго «Forbes Life» сайталъ Дагъистаналъул хIакъалъулъ.   КъватIисел...

Новость на родном

Микьго электростанция

         КватIичIого нилъер республикаялда бакъулги, лъелги, гьоролги микьго электростанция базе рес буго. ДРялъул энергетикаялъул ва тарифазул министрасул заместитель МухIамад ГIалибеговасул рагIабазда рекъон, гьелдалъун букIине буго кIинусго чиясе хIалтIиги, 500 азарго чиясе канлъиги. Масала, гьанжегIагар бакъул электростанция бан бахъана Южно-Сухокумскиялда.

Новость на родном

45 азарго налъулав

       Россиялъул судазул приставазул ДРялда бугеб хъулухъалъ улкаялъул гIорхъи бахине гьукъун буго 45 азарго дагъистаниясе. Гьел ккола батIи-батIиял налъаби жиндир заманалда рецIичIого тарал гIадамал.    Гьединал гьукъа-къаял лъеялдалъун налъулазухъа нусгоялде гIагарун млн гъурущ бахъизе бажарун буго приставазда.    Бицен гьабулел гIадамазда гьоркьор хIежалде унел чагIи ратизеги рес буго. Гьединлъидал аэропорталдасан нахъруссинаризе ккеларедухъ, заманалда...

Новость на родном

Школаздагун яслиязда — гьереси-харбал

      5 маялда дарсал кьезе бажаричIо МахIачхъалаялъул школазда. Гьединго гьенисанго гIадин, ясли-ахаздасаги нахъе ритIана лъимал. Гьелъие гIиллалъун ккана лъай кьеялъул чанго идараялда кьвагьулел жал лъун ругилан информация тIибитIизаби.    Амма,  талихIалъ, МВДялъ гьелда хурхун батIияб лъазаби гьа­бичIолъиялъ, гьеб баян гьересияб батилин тана. БукIаниги, гьелъ гIезегIан чиясул рекIелъе рахIатхвей рещтIинабуна. ГьанжегIагар гьединалго гьереси-харбал Белгород...

Новость на родном

Гьаадерил хитIаб

         Шамил районалъул Гьоор росдал гIадамаз интернеталдасан хитIаб гьабуна ДРялъул бетIер Сергей Меликовасдеги хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасдеги. Гьез тIибитIизабураб видеоялда бихьулеб буго росдал гIадамазул кIудияб къокъаги гьезда цеве вахъун кIалъалев чиги.    Гьесул рагIабазда рекъон, гьаадерил рахIатхвей буго гьекъолеб лъеда хурхараб. Федералияб бюджеталдаса 44 миллионалдаса цIикIкIараб гъурущги биччан, 2013 соналда байбихьун букIун...

Новость на родном

23 азарго гIарза

      РФялъул Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъ лъазабухъе, 8-17 сон барал лъимал ругел ресукъал хъизамазе кумек хIисабалда гIарац щвезелъун 23 азарго гIарза бачIун буго гьезухъе.   Гьел кьун руго, аслияб куцалда, «Госуслуги» сайталдасанги Пенсиязул фондалъул клиентазул 54 хъулухъалдасанги. Гьединал гIарзаби кьезе бегьула бокьараб мехалда, щайгурелъул, Пенсиязул фондалъул гьел хъулухъал хIалтIула гIодоркъоязги байрамкъоязги.