31 маялда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда «Молодая гвардиялъул» вакилзаби ГIумар Багъиновасги МухIамад МухIамадовасги бицана гьанжегIагар Мариуполь шагьаралда жидеца гьабураб волонтёрлъиялъул хIакъалъулъ. Гьездаго цадахъ гьениве вачIун вукIана «Молодая гвардиялъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев Сергей Никитинги. Дагъистаналдаса цоги волонтёр, Рамазан Гетаев, гьал къоязда доваса тIадвуссун вачIине вугиланги бицана Никитиница. Гьезул гIуцIиялъги...

