Новость на родном

Метер магIарул мацI хвезе батани…

МацIалдаго цадахъ миллатги тIагIуна   Миллияб мацIалда нацIцин баладай? ГIемераб ахIи-хIур гьабуна «РФялъул Лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абулеб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъул проекталъ. Гьелъул нижеца газеталъул гьурмаздасан гIемер бицана. Гьале гьанже гьеб законопроект гьоркьоб лъей нахъе тIамуна ва гьелда тIад жеги хIалтIизе кколин лъазабуна. Амма кинаб хIукму гьабизе бугеб Пачалихъияб Думаялда цIидасан гьелде тIадруссиндал? Кинаб букIине бугеб...

Новость на родном

Щибаб март бачIингун…

Бихьинчиясда тIадаб буго щибаб къо, щибаб сагIат ва щибаб минут гIагарал руччабазе байрамлъун гьабизе   Микьабилеб марталъул байрамкъоялда цебе нижеца лъабго суал кьуна батIи-батIияб махщалил, гьунаралъул ва ригьалъул гIадамазе. РакIалде ккола цIалдолезе гьалдаса пайда букIинин ва гьанир рахъарал жавабалги дандекквелин жидецаго руччабазул гьабулеб адаб-хIурматалде.1. Кинал рагIабаздалъун дуца эбелалда, лъадуда, яцалда, ясалда ва нусалда ихдалил байрам...