Новость на родном

Бесдалалъухъе бегьараб квер

Дун йиго Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъа Пахруева ПатIимат. 2001 соналда, тIоцебесеб классалде ячун заман балелде, камуна дие эмен. Гьесул анищ букIана дун тохтурлъун яхъине, живгоги ракI унтарав чи вукIиндал батила. Инсул анищ тIубазе дие кумек гьабуна учительзабаз, гIагарлъиялъ, хасго дир эбелалъул эбел Юнусова Асиятица. Берзул канлъи дагьлъун бугониги, гьелъие бокьула газета цIализе. Гьединлъидал бокьана гьаб...

Новость на родном

ТалихI биларазе рохел кьолеб ракI

        Раисат ГIусмановалъ нухмалъи гьабулеб «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялъ гьал къоязда гьоболлъухъ ахIун рукIана исана школалде, тIоцебесеб классалде рачине ругел лъимал. Гьезда гьоркьор рукIана Украинаялда Россиялъ тIобитIулеб хасаб операциялда, Сириялда, яги нагагьаб балагьалдалъун, унтун ва цогидал гIиллабаздалъун умумул хварал лъимал.      Тадбир гIуцIун букIана МахIачхъалаялда, «Дербент» рестораналда. Гьелъул азбаралда Раисат ГIусмановалъ...

Новость на родном

ГIарза нахъчIвалеб бугони…

     Май моцIалдаса нахъе ресукъ- ал хъизамазе кумекалъе цIиял пособиял кьезе байбихьана. Микьго сон баралдаса 17 сон тIубазегIан лъималазе пособие кьола Пенсиязул фондалъ. Пособиялъе гIарзал къабул гьаризе байбихьарал тIоцересел къояздаго Дагъистаналъул Пенсиязул фондалде бачIун букIана 72000 гIарза. Гьезда гьоркьоса цо-цоязе инкарги гьабуна. Цо-цояз абулеб буго, халцин гьабичIого, кIиабилеблъабабилеб къоялъ, инкар гьабураб кагъат бачIунеб бугин...

Новость на родном

Шарапудинил хIаракатги министерствоялъул жавабги

   2019 соналъ бухIана БежтIа участокалъул социалияб рахъалъ гIадамазе хъулухъ гьабулеб централъул мина. ГьабсагIат гьелъул хIалтIухъаби хIебтIун руго ижараялъе ккураб минаялъур. Гьелъул нухмалъулев Шарапудин Шейховасулгун лъай-хъвай ккана БежтIе щвараб мехалда. Гьадин бицана гьес жидерго хIалтIулги, дандчIвалел масъалабазулги ва ругел гIузрабазулги хIакъалъулъ:   — Нижер контораялда цIа ккана 2019 соналъул 4 маялъул сардилъ. ЦIулаца бараб мина...

Новость на родном

Рес гьечIел хъизамазе – кумек

       РФялъул ЗахIматалъул ва социалияб цIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 1 июлалдаса нахъе хисизе руго цо-цо социалиял выплатаби кьеялъул къагIидаби. Исана апрелалда РФялъул президент В. Путиница федералияб собраниялде гьабураб хитIабалда 8-16 сон барал ресукъалгун ялгъузал эбел-инсул лъималазе ва лъимаде ругел руччабазе пособиял кьезе ругин лъазабун букIана. Гьел щвезе документал тIоцебесеб июлалдаса нахъе къабул гьаризе ругин...

Новость на родном

ХIалтIичIес хIанчIиларо

      2021 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса нахъе Россиялъул регионазда 37 сон барал лъималазе социалияб пособие кьеялъул къагIида хисана. 2020 соналъул риидал, ай пандемиялъул заманалда, лъазабун букIана пособие кьезе бугин ресукъал хъизамазейилан абун. Июлалъ бихьизабураб посо­бие январь моцIалдаса нахъего рикIкIун (перерасчетги гьабун) кьунги букIана. Гьеб кьолаан официалияб харж бачIунарел яги гьелъул къадар дагьал хъизамазул лъималазе....

Новость на родном

Пособиязул гIарац рехизе буго карточкаялде

«РекIел ахIи» рубрикаялде цIалдолез ритIун рачIуна эбелалъулаб капиталалъул, больничнияб тIанчил ва батIи-батIиял пособиязул хIакъалъулъ гIемерал суалал. Специалистазухъеги ун, нижеца жигар бахъула гьел суалазе мухIканал жавабал кьезе.    Гьебго мурадалда, социалиял масъалабазда тIасан цIалдолез редакциялде гIемер ритIун рачIунел суалазе жавабал цIехон ва 2020 соналда мискиналгун сакъатал чагIазе рихьизарун ругел бигьалъабазул хIакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас...

Новость на родном

Пенсионеразухъе рачIунел «талихIалъул кагътал»

Гьал къоязда редакциялде бачIараб Казбек районалъул Калининаул росулъа захIматалъул ветеран Хайрудин Висаитовас бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Дун хIалтIулеб заманалда дир захIматалъул книжкаялда гьабун буго СССРалъул Министрзабазул советалъул рахъалдаса баркала кьеялъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай, гъулбас гьабун буго Михаил Сусловас. Дир хIалтIул стажги бахуна 45 соналде. Дун вуго 85 сонил ригьалде вахарав чи. Ветеранасе щибаб моцIалда пенсиялде тIаде...

Новость на родном

КъватIибе гьурщуге рукъалъул унти

Балагьараб мехалда, «РФялда хъизамалдагун рукIа-рахъиналда зулму гьабунгутIиялъе тадбирал гьариялъул хIакъалъулъ» абураб законопроект квешаб  гьечIин ккола.  Амма кIвар кьун балагьараб мехалда бичIчIулеб буго гьеб  закон тасдикъ гьабуни рукIине ругел квал-квалалги санагIат рекъечIел рахъалги. 2016 соналда РФялъул Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда тIоцебесеб нухалда цебелъуна рехсараб законопроект. Гьеб нахъчIвана, амма 2019 соналда гьеб цIидасан къватIибе бахъана. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб...

Новость на родном

ЦIияб соналде цIияб галигун

Гьале нахъа тана гIумрудул цоги сон. Гьебин абуни гIадатияб халкъалда ракIалда чIела пенсиялъул ригь цIикIкIинабиялдалъун, «рищнидул реформаялдалъун», цогидазда бачIеб Рунеталъул хIакъалъулъ гIуцIараб законалдалъун.Щибха букIине бугеб 2020 соналда? Пенсия РФялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2020 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе страховиял пенсиязул индексация гьабизе буго 6,6 проценталъ. Пенсиялде ине руго 56,5 сон барал...