Расул Макъсудов ТалихIалъул цIураб гIолиллъиялъул кечI. Зодоб бугеб цIваялъегицин гьелъ жиндирго цIар кьола. Гьелда лъаларо гIодосан ине. Гьеб гIицIго гьаваялдасан букIуна. Гьеб кечIалъ жиндирго балъголъи гIицIго мугIрузул тIогьазда тIавап гьабулел ругел цIумазе гурони гьурщуларо. Гьелда канли бихьуларо. Нухда дандчIварал захIмалъабиги гIанлъулаго, гьелъ тIаса бищула гIицIго борхалъи. ГIумруялъул борхалъи. Къисматалъул борхалъи. Лъилха букIунареб гьединаб гьайбатаб кечI...
