Лъимерлъи дир талихIаб букIана. Инсуцаги дун бищун гьитIинав вугилан гогьдаризе гьавулаан. Гьесда данде рагIи абизе кIолев чиги хъизамалда цо дун гурони вукIинчIо. Гьедин, рохалилги, рецц-бакъалъулги, сайгъатазулги цIураб, вугев цIакъав василан абураб жо гурони гIинда чIвалареб, талихIаб гIумру букIана дир. Цо заманалдаса дие гьавуна гьитIинав вац. Гьев вукIана цIакъго чIагояб, тирияб, цо бакIалда чIезе...
