Новость на родном

Дагъистаниял цолъизарулеб Рамазаналъул чадир

     Рамазан ккола лъикIал ишазул, рахIмуялъул, Аллагь разилъиялъе гIоло щивав бусурбанчияс хIаракат бахъулеб моцI. Гьел лъикIал ишазул цояблъунги ккола кIал ккурав чиясе кIал биччазе квен кьей. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Гьез квен кьола мискиназе, бесдалазе ва асиразе. Гьез абула: «Нижеца нуж кваназарулел руго гIицIго Аллагьасе гIоло ва нужедаса я баркала, я шапакъат хIажатги гьечIо....

Новость на родном

«Доллар къваригIараб жоцин гуро»

    Газеталъул цересел номеразда нижеца хъван букIана республикаялда кванил нигIматазухъ ва цогидабги къайи-цIаялъухъ багьаби хиралъиялъул хIакъалъулъ. ЦIидасан такрар гьабичIониги, щиб гIиллаялдалъун кинабго жо хиралъарабали нужедаги лъалеб батила. Долларалъул багьа сабаблъун — гьеб букIана аслияб гIилла. Амма доллар цIидасанго гIодобе кканиги, багьаби гъодинго хутIана. Щай гьедин бугеб?   Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун сапар бухьана МахIачхъалаялъул...

Новость на родном

Рачелги къала, къоги хIехьела

      Къокъабго заманалда жаниб улкаялда ккарал чIахIиял хиса-басияз асар гьабичIев чи хутIунго ватиларо. Макьил хIалхьи, кванил тIагIам билараб заман буго гьаб дагъистаниязеги. Киналго пикрабалъ пирилъун багъулеб буго Донбассалъул ракьалда тIибитIараб кьалул гъугъай. Украинаялда миллатчилъиялъ тIалъи босараб микьабго соналъ, Луган- скиялъулгун Донецкалъул республикабазда лъугьа-бахъунелъул нилъер гIемерисез пикруго гьабулароан. Россиялъул аскариязда гьоркьор Кавказалъул республикабаздасаги аза-азар...

Новость на родном

Социалиял гьиназдаса бугеб хIинкъи

  14 марталда Россиялда Инстаграм къаялъ рахIатхун лъугьана блогерал, бизнесменал, шоу-бизнесалъул гIадамал. Социалиял гьинал къай гуреб тIокIаб кIудияб гIузру дунялалда гьечIеб кинниги гьеб гьукъиялдаса рорчIизе ресал ратана гIемерисезда. VPN абураб программаялъул кумекалдалъун, Россия гуреб цогидаб батIияб улкаялда гIумру гьабулеб бугин хъвани хIалтIулеб буго Инстаграм. Нилъер ракьцоязеги гьеб социалияб гьин букIана магIишат гьабизе, чед балагьизе рес...

Новость на родном

ТIабигIат цIуни – щивасда тIадаб борч

      «Кванториум» абураб лъималазул технопаркалда тIобитIана школал­да тIадеги лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъабазул данделъи. Гьениб бицана хIалтIул хIалбихьиялъулги церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ.    Данделъи нухда бачана «Кванториумалъул» методист Жамият ГIумаровалъ. Семинаралъул гIахьалчагIазде хитIабал гьаруна ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялда цебе рагьараб «ДРялъул ГIелмабазул гьитIинаб академия» абураб ГБУялъул директорасул ишал тIуралей Аймисей Дибировалъги гьелъул заместитель, рехсараб ГБУялъул...

Новость на родном

Бузнаса нухалъул хасаб балагьи

          ГIадада гуро абулеб нух бугеб бакIалда гIумруги букIунин абун. Хасго гьеб лъикI бичIчIула магIарухъ гIумру гьабун ругезда. Умумузул заманалда магIарухъ ругел росабазул гIатIиракьалъулгун букIараб загIипабго бухьеналъе рукIана гьаказул нухал. ЦIияб заманаялъ цере лъуна цIиял масъалаби ва гьел тIураялъе ратана щибаб заманалда рекъарал ресал. Бухьеналги гIемерлъараб, кIуди-кIудиял хIалтIабиги гьаризе байбихьараб заманалда...

Новость на родном

Рахьдал мацIалъул бакънал

     22 февралалда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул хIурматалда гIуцIараб “Рахьдал мацIалъул бакънал” абураб тадбир.    Гьелда гIахьаллъи гьабуна шагIирзаби Сабигат МухIамадовалъ, Космина Исрапиловалъ, Аминат ГIабдулманаповалъ, Бахтун Гъазиевалъ, гIалимзаби — Расул БахIамадовас, Хизри Юсуповас, Хазина Аминовалъ, табасаран мацIалда бахъулеб “Лачен” журналалъул редактор Фероза СолтIановалъ, журналистаз, студентаз ва цогидаз....

Новость на родном

Чачаназул Кванхиса магIарулал ва жакъасеб Цветковка

      Чачан республикаялъул ракьалда бугеб магIарулаз гIумру гьабулеб Кванхи росулъа гIадамал Гъизляр районалъул Цветковка росулъе гочине байбихьана 1957 соналда. Гьелдаса нахъе гьез цIунун буго жидеде щвезегIанги Цветковкаялда гIумру гьабулел ратарал гIадамаздехун адабги ракI битIараб бербалагьиги. Гьединго рагъ байбихьидалги Кванхи росулъа цо бутIа гIадамазул кIиабилеб нухалдаги гочана гьенибе. Тарихиял баянал     Советияб заманалда...

Новость на родном

Бокьула магIарул ясазул гьурмалъ …

   «ХIакъикъат» газеталда хIалтIизе лъугьаралдаса нахъеги дида лъанщинал лъикIал гIадамал. Гьезул щивас дир гIумруялъул тIехьалда толел руго жидерго тIанчалги. Зама-заманалдасан гьебги цIалун, ракI-ракIалъ йохизе ячIуна – гьадинал гIадамал ракьалда рукIинчIелани, жакъасеб гIумруялда тIагIам батIияб букIинаан.   Гьале гьаб нухалдаги газеталде гьоболлъухъ рачIун рукIана дагьаб цебегIан МахIачхъалаялда тIобитIараб «ЛъагIалил мугIрузул яс» абураб конкурсалда бергьарай Гумбет районалъул...

Новость на родном

«Амма гьитIинаб ракь, ракьа кинигин, бокьун гьечIо бацIил кIалдиб бихьизе»

      ТIоцебесеб февралалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде данделъун рукIана магIарулазул гIелмиябгун творческияб интеллигенциялъул вакилзаби. Гьел гьенир данделъиялъе букIана лъабго гIиллаги. Редакциялъул хIукму ккана газеталда цебе кидаго хIалтIулеб магIарулазул жамгIиял церехъабазул совет гIуцIизе. Гьелъ гIатIидго рорхизе руго нилъер миллияб басмаялда, маданияталда, гьединго мацIалда сверухъ раккун ругел унтарал суалал. Щиб гьабизе бегьулеб ва кинал ресал ралагьилел...