Свана Мариналги талихIалъул чирахъ МухIамадгIалиева Марина. Гьаюна 1964 соналъул анкьабилеб августалда Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъ учительзабазул хъизаналда. Эмен вукIана химиялъул ва биологиялъул учитель, эбел — гIурус мацIалъул учитель. Маринал букIана кIудияб хъизам. Гьединаб хъизамалда гьаюрай Марина гIолей йикIана гIаданлъи цIикIкIарай, магIарул яхI-намус тIадегIанаб борхалъиялда лъурай гIолохъанчIужулъун. Школа лъугIидал, гьелъ тIасабищана бухгалтерасул махщел ва цIализе...
