ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тIубаялде ИчIабилеб июлалда «ХIакъикъаталъул» редакциялда тIобитIана «ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тIубаялде» абураб темаялда «гургинаб стол». Гьениб бицана республикаялъул машгьурав политикасулги жамгIияв хIаракатчиясулги хIакъалъулъ рахъулел ругел тIахьазулги гьесул ирсалъул тIалаб гьабизе ккеялъулги хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана жамгIияв хIаракатчи, Москваялъул Халкъазул гьудуллъиялъул университеталъул профессор, тохтур МухIамад ГIабдулхабировги, ДАССРалъул культураялъул министрлъун хIалтIарав...
