ТIабигIат ва инсан

Пайда босичIого тараб бечелъи

 

МагIарухъ гIезегIан руго даруялги минералиялги иццал

Кавказалда цониги гьечIо Дагъистан гIадинаб гьава-бакъги рекъараб, чIахI-хералдалъунги рухIчIаголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб тIабигIаталъул бакI. Субтропиказдаса байбихьун, даим гIаздаца рацарал цIорол мугIрузде щвезегIан тIабигIаталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун гIуцIарал гIадал мугIрул-щобал, гIедерал лъаралгин гIорал, рикIкIен гIемерал хIорал — сахаватго кьун руго БетIергьанас Дагъистаналъул ракьалъе. Гьелде тIадеги, нилъер гьанир руго такрарлъи гьечIел тарихиялгун тIабигIиял памятникалги. Гьеб баракаталда гьоркьоб хасаб бакI ккола республикаялъул ракьалда ругел минералиял иццазги лъиназги. ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехазда бихьизабулеб буго Дагъистаналда лъабнусгогIан минералияб ицц бугилан. ГIелмуялъ чIезабун буго мугIрул лъугьин, гIуцIи (неоконченный процесс горообразования) лъугIун гьечIел бакIазда (тIолабго Кавказалъул мугIрул гьединал руго) ракьул гъварилъабазда лъугьунел ругел багъа-бачариязул хIасилалда лъугьарал ракьул кьватIелазухъа къватIире рачIунел ругин бухIарал ва цIорорал лъинал. Нухда гьелъ цадахъ босун бачIунеб буго инсанасул сахлъиялъе пайдаял микроэлементал.
Радон, йод, бром, чIабатI, водород гьоркьоб бугел гьел лъинал хIалтIизарула лага-черхалъул, ургьимесалъул, тIомол, чехь-бакьалъул гIузраби сах гьариялъе.

Термалиял иццал

Гьел лъиназул Дагъистаналда жакъа
къоялъ микьго-ичIгоялдаса гурого пайда босулеб гьечIо. 38 градусалдаса 100 градусалде щвезегIан батIи-батIиял руго лъиназул температураги.
Талгиялъул хинаб ицц. Гьеб буго МахIачхъа-лаялдаса анцIила щуго километралъ рикIкIад бугеб Талги поселокалда. Гьеб рикIкIуна бищун цIикIкIун чIабатIгун водород гьоркьоб бугеблъун. Гьениб бан буго нусго чияс цадахъго хIалхьи гьабизе бегьулеб санаторий, нусиялда лъеберго чиясе бакI бугеб пансионат.
Гъаякенталъул хинаб ицц. Гьеб буго Гъаякент районалъул ЦIияб Гъаякенталда. Ункъо бакIалдаса, ай буругъаздаса, иццаздаса бачIуна гьеб лъин. Гьениб бан буго «Гъаякент» санаторий. Унтаразул сахлъи щула гьабиялъе гуребги, бухIараб лъим хIалтIизабула рукъзал хинлъизариялъе, росдал хIамамалда.
Ахтиялъул хинал иццал. Ахти росдадаса анлъго километралъ эхедехун, Ахти-чай гIурул рагIалда руго чIабатI, водород, радон, йод ва бром гъорлъ бугел лъинал-иццал. Гьениса гIемер рикIкIад гьечIого руго Жени ва Купул-Яд абурал хинал иццалги. Гьениб рагьун буго курорт.
Манасалъул хинаб ицц. Гъарабудагъкент районалъул Манаскент росдада гIагарлъухъ бугеб гьеб лъиналда аскIоб бан буго гьанже заманалъул киналго тIалабазда рекъон къачIараб санаториялъулгун курорталъул комплекс «Каспий».
Избербашалъул хинаб лъин. Избербаш шагьаралда бугеб гьеб лъин къватIибе бачIунеб буго ичIго иццдаса. Санаторий-курорт гьечIониги, гьенире рачIаразе хIалхьи гьабиялъе квегIенлъаби чIезарун руго гьенир. Лъим хIалтIизабулеб буго шагьаралъул гIадамазул рукъзал хинлъизариялъеги. Избербашалда рагьун буго «Азиз» абураб цIаралда шушбузухъе тIун лъим бичулеб гьитIинабго предприятиеги.
Гъизляралъул хинал лъинал. ХIалтIулеб буго анкьго ицц. Лъим хIалтIизабула гIадамал жанир чIолел гIемертIалаял минаби хинлъизариялъе. Иццал руго шагьаралда жанир.
Гъизляралдаса анцIго километралъул манзилалда югалъулабгун бакъбаккудехун бугеб Кардоновка росдада аскIоб бугеб хинаб иццдаса бачIунеб лъим хIалтIизабула росдал хIамамалда. Шушбузухъе тIун гьеб лъим бичулеб гьитIинабго предприятиеги буго.
Рычалалъул хинаб ицц. Лъебералда анлъго градус температура бугеб гьеб ицц буго С. Стальск районалъул, ралъдал гьумералдаса 1120 метралъ борхалъуда бугеб Цмур росдада гIагарлъухъ. Гьениб рагьун буго курорт, хIалтIулеб буго минералияб лъел «Рычал-Су» заводги. Гьеб курорталде хIухьбахъи гьабизе аза-азар чи вачIуна щибаб соналъ.
МахIачхъалаялъул хинал лъинал. Гьениб бугеб анцIила ункъо иццалъул лъим хIалтIизабула шагьаралъул гIемертIалаял минаби ва промышленниял предприятиял хинлъизариялъе, цо бутIа больницабазе, унтаразе процедураби гьариялъе. Дагьа-макъабго къадар шушбузухъе тIунги бичула.
Тарнаиралъул хинаб лъим. Гьеб лъел температура бахуна багIариялъул 97-98 градусалде. Къоло щуго иццалдасан хIалтIулеб буго гIицIго анлъгояб. Гьениб буго тIубараб лъагIелалъго унтарал къабул гьарулеб ва сахлъизарулеб «Тарнаир» санаторий.
Бихьулеб букIахъе, гьел киналго руго Каспиялъул гIодоблъиялда.

МагIарухъ минералиял иццал

Республикаялъул ракьалда бугеб лъабнусгогIан минералиял иццазул, цIикIкIарасеб къадар буго мугIрузул районазда, гьел камураб район магIарухъ цониги гьечIо. Гьеб рахъалъ цIакъго бечедал руго ЦIумада, ЦIунтIа, ЛъаратIа районал ва БежтIа участок. Рехселин гьезул цо-цоял. ЦIумада районалъул ракьалда ГIандигIурул жаниблъиялда, гуржиязул гIорхъоде щвезегIан къогоялдаса цIикIкIун минералияб ицц буго – Агъвали, Хуштада, Гьигьалъ, Метрада, Хъвайни, Хушет, Инхокъвари росабазул ракьалда, Хъваршисезул кIкIалахъ. Хасго машгьураб буго Инхокъварисезул минералияб ицц. ЦIумадисез гьелда абула «Регьа» абун. Чанго батIияб унти сах гьабизе квербакъулеб гьеб иццухъе нус-нус чи вачIуна республикаялъул батIи-батIиял бакIаздаса.
БежтIадерил росдада аскIоб Оцукувакьа абулеб бакIалда буго чIабатIгун водород гъорлъ бугеб лъим. БежтIадерица гьелда абула Могь иццин абун. БакIалъул гIадамаз даруялъе хIалтIизабула гьеб.
БежтIаса микьго километралъ гъоркьехун, Лабахи абулеб бакIалда, Симбирисхеви гIурул кваранаб гIаркьелалда, Аваразулгун Кахетиялъул нухда гъоркьехун буго кибго лъалеб БухIараб лъим (горячий источник). Хьваназул мацIалда гьелда абула Южулълъ иццилан. Чанго соналъ цебе Аваразулгун Кахетиялъул нух гIатIид гьабулаго, тIаде кьурабиги ун, гьеб бахчизабун букIана, гьанже бацIцIадги гьабун, къачIан буго. Советияб гIуцIиялъул заманалда бежтIадерил БухIараб иццухъе гьеб лъедаса пайда босизе цоял вертолетазда, цогидал Вантляшевалъул габурлъухъан, чуязда рекIун, рачIунаан гуржиялцин. МагIарухъ ругел минералиял иццазул хIакъалъулъ хабар ккедал, эколог, биологиялъул гIелмабазул доктор, профессор Гъайирбег ГIабдурахIмановас абуна: «Республикаялда ругел минералиял иццазул инвентаризацияги гьабун, гIадамазул сахлъи щула гьабиялъе гьездаса пайда босиялъе хасаб программа къабул гьабизе ккола Дагъистаналъул хIукуматалъ. Бихьараб захIматалда рекъараб хайир щолеб гьечIолъиялъ, нахъеккун буго магIарухъ росдал магIишат, дагьалго рукIаниги рагьун рукIарал промышленниял предприятиязул филиалги къана. Дир пикруялда, магIарухъ туризм цебетIеялде кIвар кьуни, цIияб рухI речIчIизе бегьула магIаруллъиялда. Гьелъие квербакъи гьабила цо-цо машгьурал минералиял иццал ругеб бакIалда курортал, санаториял рагьани. Щай бегьулареб Инхокъвари иццухъ, бежтIадерил БухIараб лъеда аскIоб санаториял разе? Санаториял рагьани, гьениб гIадамазе хIалтIизе бакIал рукIина, рагьила гостиницаби, тукаби, жанир чIезе рукъзал, ай цебетIела инфраструктура. Нилъерго гьанисанги къватIисанги туристал гъираялда рачIина гьенире хIухь-
бахъизеги сахлъи щула гьабизеги. Гьединал иццал ругеб бакIалда санаториял, курортал рагьун гурищ росаби, поселокал гIурал Талгиялда, Манасалда, ЦIияб Гъаякенталда».
ХIисаб гьабидал, битIараб пикру буго гIалимчиясул. Дагъистаналда, хасго магIарухъ ругел минералиял лъинал, Кисловодскалда, Пятигорскалда, Железноводскалда ругел минералиял лъиназдаса нахъеккарал гьечIин абула. Нус-нус километрги нахъа тун, аза-азар гъуруш харжги гьабун, риччел хIалаб Кавказалъул минералиял лъиназухъе инчIого, санаториялги, букIине кколеб инфраструктураги гIуцIани, гIадамаз бакъулаб Дагъистанго тIасабищила хIалхьи ва сахлъи щула гьабизе. Берда бихьулаго, пайда босичIого гьединаб бечелъи тезе бегьиларо.
Пайзула Пайзулаев