Рахьдал мацIазул учительзабазул республикаялъулаб конкурсалда исана гIахьаллъана 40 учитель МахIачахъалаялъул №11 гимназиялда санайил тIоритIула шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацIазул бищунго лъикIав учитель» абурал къецал. Исана республикаялъулаб конкурс тIобитIана 19-22 марталда. Къецазда гIахьаллъана 40 учитель, гьезда гьоркьоса — магIарул мацIалъул микьго учитель, киналго руччаби-учительзаби. Гьезул щияй мустахIикъай йикIана рецц-бакъалъе. ТIоцебесеб къоялъ гIахьалчагIаз кьуна дарсал. Дарсал...
