Цо чиясухъаги бажарула

Хъебалъ росулъ школа базе биччан буго 178 млн гъуруш

 

РакIунтун гIодани, бецаб бадисаги магIу бачIунин абула магIарулаз. ЦIунтIа районалъул Хъебалъ росулъа МухIамадрамазан ГIабдулкаримовин абуни гIодичIо, амма хIаракат бахъана законазул тIалабалги цIунун, росдал школалъул масъала тIубазабун. 2011 соналдаса нахъе районалъулги республикаялъулги батIи-батIиял идарабазде хьвадиялъул хIасил ккечIеб мехалда, гьес балагьана батIияб нух — пикет. Гьес тIалаб гьабулеб букIана росдал школалъул мина къачIайин яги цIияб бакIалда байин. «Нижер росулъ школа бана 1965 соналда. Гьелдаса нахъе цониги нухалда гьеб къачIачIо. Школалда цIалулеб буго 80 лъимер. 2011 соналдаса нахъе дица чанцIулго хитIаб гьабуна райо-налъулги республикаялъулги пачалихъиял идарабазде, амма хIасил ккечIо», — ян бицана МухIамадрамазаница.

ЛъабцIул гьарана

2018 соналъул 18 апрелалда гьев вахъана РФялъул президентасул СКФОялда бугеб вакиллъиялъул минаялда цевеги добго пикетгун. Пятигорскалда гьабураб пикеталъул хIакъалъулъ гьадин бицана МухIамадрамазаница: «РФялъул президентасул СКФОялда бугеб вакиллъиялда цеве дун эхетун 10 минут балелдего дида аскIоре рачIана вакиллъиялъул
хIалтIухъаби. Гьез дида абуна, мун жаниве ахIулев вугин абун. БитIараб бицани, дун инчIо. Дие бокьун букIана гIадамаздаги журналистаздаги гьелъул хIакъалъулъ лъазе. Жеги 15 минуталъ чIана дун. РачIунел рукIана гIадамалги, Россиялъул, СКФОялъул регионазул, масала, Чачан Республикаялъул журналисталги, доба гIумру гьабулел дагъистаниялги. Гьез кинабго ба-хъулеб букIана видеокамераялдеги. Дагъистанияз абулеб букIана, республикаялъул журналистал жидеда лъалин ва бахъараб материалги жидеца гьезухъе битIизе бугин абун. Ана жеги 15 минут. Вакиллъиялъул хIалтIухъан вачIана аскIове ва жаниве вилълъаян кIалъана дида. Гьебмехалдаги инчIо дун. Аслияб мурад букIана нижер школалда бугеб хIал гIадамазда лъазаби. РукIана цо-цо хIалбихьиял, дир пикет политикияб рахъалде цIазе хIаракат бахъаралги. Путиние гьаркьал кьогеян ва цогидал ахIиялгун кIалъазе журана бакIалъулал гIадамазул цо-цоял. Амма дица гьезухъ гIинтIамичIо. Лъабабилеб нухалда ахIидал, ана дун вакиллъиялъул минаялъуве. ЛъикI къабул гьавуна, хъвазабуна гIарза, жидерго телефонал кьуна дихъе. Дир хитIабалъул халгьабизе рагIиги кьуна, дунги нахъе ана».
— ХIасил щибха ккараб?
— Дихъе бачIана президентасул администрациялдаса жаваб. Гьеб бачIиналде дун кIицIулго гIахьаллъана президентасул администрациялъул управлениялъул хIалтIухъанасулгун букIараб видео-конференциялда. Гьенибего хитIаб гьабун букIун буго Мокъокъ росдал вакиласги – жидер школаги басра-лъун бугин, цIалдохъабазегун учительзабазул гIумруялъе хIинкъи бугин абун. Амма гьезул хитIабалъул хIасил ккечIо: жеги рес гьечIин ралел школазул сияхIалде гьоркьобе нужер школа босизеян абун жаваб кьуна гьезие. 2019 соналде гьеб сияхIалде босун руго ХутIрахъ росдал лъималазул ах бан бахъинабизеги Хъебалъ росулъ школа базеги.
ДРялъул Экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министерствоялдаса бачIараб жавабалда рекъон, нижер росулъ цIияб школа базе бихьизабун буго ракьул цо гектар. 2019 соналде школа баялъе биччан буго 66 млн ва 2020 соналде – 70 млн гъурушги. Школа баялъе гIаммаб къадаралда биччан буго 178 млн гъуруш. Дун ана рехсараб министерствоялде. Министрасги гьел баянал тасдикъ гьаруна. Гьенисан ана ДРялъул Ралел бакIазул министерствоялде. Малик Баглиевасги абуна, подрядчиказул гIуцIабазухъе хIалтIи кьеялъул мурадалда тендер лъазабун бугин.

Нилъеразул «чIанда»-хабар

— Щай дуе гьеб, гIемерав чияс баркала гьечIеблъун рикIкIунеб хIалтIи?
— Гьеб иш тIаде босизе дун гьесизавуна гьадинаб хIужаялъги. 2018 соналъул 23 июлалда дун ахIун вукIана ДРялъул хIукуматалъул данделъиялде. Гьенир рукIана ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил ГIумароваги, ДРялъул ралел бакIазул министр Малик Баглиевги, Экономикаялъул, Финансазул ва цогидалги министерствабазул вакилзабиги, доб заманалда ЦIунтIа районалъул бетIерлъун вукIарав Пахрудин МухIамадиновги. Гьез байбихьана, жидехъеги вачIинчIого, РФялъул президентасде щай хитIаб гьабурабин цIехезе. Уммупазил ГIумаровалъ гьикъана щай вуцIцIун чIун вукIаравин абун. Дица гьелда абуна: «2015 соналда, ДРялъул бетIерасда цее йигей инсанасул ихтиярал цIунулей вакиллъун мун йикIаго, дица духъе кьуна гьеб масъалаялъул бицараб хитIаб. Щайха дуца гьелъие кинабгIаги жаваб кьечIеб? Дуца щибха гьабураб лъималазул масъала тIубаялъе?» — ян. Школалда дарсал кьеялъе къварилъи гьечIин абун цо жал рицине гьоркьове лъугьана Пахрудинги. Дунги къезе чIечIо – районалъул школазул 90 процент жагъалал ругеблъи чIезабун бажарула дихъаян кIалъана. Цоцазухъ ралагьахъдана гьел, гьегьал жал рицине байбихьана ва гьелдалъун хабарги лъугIана. Республикаялъул нухмалъиялда гьединал хIакимзаби рукIаго, халкъалъул масъалаби тIуразе рес гьечIо.
Москваялде ахIи байдал…

— Президентасул администрациялъищ мун ахIарав видеоконференциялде?
— ГIемерисев чиясда лъаларо, гьеб идараялъулгун битIахъеяб бухьен гьабизе рес бугеблъи. Каспийскалда буго президентасул администрациялъул мобильнияб приемныялъул ункъо терминал. Цин гьениреги ун, хъвай-хъвагIай гьабизе ккола ва хадуб, чIезабураб къоялъ, гьенивеги вачIун, администрациялъул хIалтIухъанасулгун гара-чIвари гьабула. 27 июлалда букIана диргун видеоконференция. Дицаги бицана бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Гьелдаса хадуб президентасул администрациялъул бербалагьиялде гъоркье босана росулъ школа бая-лъул суалги.
Школа балаго, гьелде биччалеб гIарцул хIисаб гьабулеб мехалда, федералияб законалда рекъон, цо цIалдохъанасе бихьизабула миллионгун 250 азарго гъуруш, гьеб росулъ яги шагьаралда балеб батаниги. Росдал школа баялъе цIикIкIунцин кьола, щайгурелъул салиги, цементги, цогидабги рикIкIадаса баччизе кколелъул. Нижер школалъе биччараб гIарцудаса цо капек добе-гьанибе кьуризе биччазе гьечIо дица.
Гара-чIвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.