Нижер букIана кIиго росу: Басрияб ЧIикIаб ва ЦIияб ЧIикIаб. Басрияб ЧIикIаб букIана Сулахъ гIурул квегIаб рахъалда, ЦIияб ЧIикIаб — Сулахъ гIурул кваранаб рахъалда. ЧIикIасез гьелда абулаан Авлахъ росуйин. Нижер хъизамалъ гIумру гьабулеб букIана Басрияб ЧIикIаб. Дир эмен, ГIусманил ХIажи, вукIана кверда махщел бугев чи. Гьабулаан къебелъигун цIулал устарлъи, къачIалаан чIунтарал гьабал. Дир инсул умумулги...
