Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьоркьобе унеб Чачан республикаялъул бакътIерхьудасан гIорхъи буго Ингушетиялъулгун, Северияб бакътIерхьудасан Северияб Осетиялъулгун, севериябгун югалъулаб рахъалдасан Дагъистаналъулгун, югалъулабгун бакътIерхьудасан гуржиязул пачалихъалъулгун. Ракьул гIатIилъи бащалъула 16165 квадратияб километралда. Севералдаса югалдехун республикаялъул халалъи буго 170 километр, бакъбакудасан бакътIерхьудехун 100 километр. Республикаялъул тахшагьагьарлъун буго 290 азарго чияс гIумру гьабулеб Грозный шагьар. ...
