«ХIакъикъаталде» битIун бачIараб СМСалда цIехолеб буго: «КъваригIун бугищ «Дагъистаналъул эбелалъе» памятник лъезе, улбузул ахIи лъидаго рагIулеб гьечIеб мехалда? Чан эбелалъ балагьулеб бугеб араб бакI лъачIого тIагIарал, чIварал жидерго васал ругеб бакI? ХIасанхIусеновазул эбел чан къоялъ эхетарай тахшагьаралъул аслияб майданалда? Щив гьелда аскIове вачIарав ва лъица гьелъул суалазе жавабал кьурал?» «Эбел» абураб рагIудаса берцинаб цоги рагIи...
Кагътилалъул бакIалда электроннияб
2020 соналъул 1 январалдаса хадуб къуваталде лъугьана РФялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб, электронниял захIматалъул книжкабазул хIакъалъулъ закон. Гьелда рекъон, 2020 соналъул 31 декабралдаса хадуб, тIоцеве хIалтIуде лъугьунев чиясул хIалтIул баянал хъвазе руго электроннияб къагIидаялда. ГьабсагIаталда нилъеца хIалтIизабулеб тайпаялъул книжка гьесие рагьуларо. ХутIарал хIалтIухъабазул ихтияр буго захIматалъул книжка бугеб хIалалда хадубккунги хIалтIизабизе ялъуни электроннияб къагIида тIаса...
ЦIалиялъул кьибил — кьогIаб
Школаздаги тIадегIанал цIалул идарабаздаги лъимал цIалулел гьечIин, гIемерисеб мехалда гьел телефоназде тIаде къулун рукIунин гIарз букIуна учительзабазулгун преподавательзабазул. Цо-цо гIолилазулгун гара-чIвари гьабидалги бихьулеб буго гьезие хIажатаб жо диплом щвей букIин. Амма, талихIалъ, гьединал гIолилал гIемер гьечIо. ЦIикIкIарасеб къадаралъул мурад буго лъай боси ва гьелда рекъараб махщел щвей. Масала, гьединазда гьоркьов рехсезе бегьула Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни...
ХIалтIулъ батана талихI
Гьал къоязда 80 сон тIубала Шамил районалъул МачIада росдал школалъул учитель, ДРялъул мустахIикъав учитель, ДАССРалъул лъай кьеялъул отличник МухIамад Хираевас. Ругъелда росдал анкьгосонилаб школаги лъугIизабун, МухIамад ана Буйнакскиялъул педучилищеялде цIализе. 1960 соналда, училищеги лъугIизабун, МухIамад хIалтIана ЦIумада районалда. 1970 соналда вачана ЦIекIоб росдал школалде хIалтIизе ва гьенисаги МачIада росдал школалде. Хираевасда бичIчIана, тIадегIанаб лъай...
«ХIакъикъаталъул» гъасда ЧIАРАДА
Советияб армиялдаса тIадвуссаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан дица кидаго подписка гьабуна нилъер республикаялъул «БагIараб Байрахъ», гьанже «ХIакъикъат» ва районалъул «ГIияхъан», гьанже «ЧIарада» газетазе. Дун почалда хIалтIана 18 соналъ. Гьеб заманалда гIадамаз хъвалаан гIемер батIи-батIиял газетал. РакIалда буго, 90-абилел соназ «ХIакъикъат» газеталъул тираж цохIо ЧIарада районалда бахунаан 1800-1900 экземпляралде, «ГIияхъан» газеталъулин абуни – 3500-ялде. Кинал нилъ...
«ХIакъикъаталъул» гъасда ЧIАРАДА
ЦIи гьарулел руго нухалгун кьоял ЦIуриб-Арчиб нухлул тIоцебесеб километралда къокъаб заманалда жанир гьарун рагIалде щвана хъил тIеялъул хIалтIаби. Гьеб ишалъе цебехъанлъи гьабуна районалъул нухазул идараялъул нухмалъулев ИсмагIил Мусаевас. АнцI-анцI соназ районалъул гIадамазе ва гьалбадерие кIудияб хIинкъи букIана гьеб нухдасан хьвадиялъе. Ахир-къадги тIубана киназего гIахьалаб анищ. Жакъа къоялде гьел нухал гIатIид гьаруна, тIун лъугIана хъил,...
«Хунзахъа ХIажимурад». ТIадвуссин
Жиндир цIаралда сверухъ жеги дагIба лъугIичIев Кавказалъул рагъул бахIарчи, Хунзахъа ХIажимурадил хIакъалъулъ нилъеда лъалаан гIицIго Лев Толстоясул къисаялдасанги нахъе цIунун хутIараб магIарулазул халкъияб щуго кочIодасанги. Гьанже гьеб лъай бечелъана тарихиял гIелмабазул кандидат ПатIимат ТахIнаевалъ къватIибе биччараб «Хунзахъа ХIажимурад» абураб тIехьалдалъунги. Гьей гьелда тIад хIалтIана ункъо соналъ. ТIехь хъвазе ккана Толстоясе гIоло ХIажимурадил хIакъалъулъ...
ГIалимзаби-бусурбаби
Физика Ал-Хазинил хIакъалъулъ нилъеда гIемераб жо лъаларо. ХI-ХII гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав гьес хъвараб «Мизанул ХIикмат» абураб тIехь цIакъго машгьураблъун рикIкIуна. Гьесухъа бажарун буго гIемерал веществабазул бакIлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакIлъи борцун букIинчIо. Гьесго борцун букIана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи. Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакIарун букIин ва гьелъул ядро...
«ГIаммаб хьагинире» рарал щакалго гъурщал
Ахир пашманлъулел пирамидаби Гьал къоязда социалиял гьиназда ва Вотсапалда тIибитIун буго бигьаго гIарац щолеб пуланаб хIай. «ЧIегIераб касса» яги «ГIаммаб хьаг» абун цIарал лъураб хIай гIуцIун буго пирамидаялъул къагIидаялда. ХIаялъулъ гIахьаллъизе бокьараз пуланав чиясул банкалъулаб картаялде рехула 2400 гъурущ. Бигьаго гIарац щвезе бокьарас валагьизе ккола живго гIадин хIаялда гIахьаллъизе бокьарав чанго чи. Къокъабго заманалда...
Путиница гIадахъ росарал «Справедливая Россиялъул» пикраби
26 февралалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана «Справедливая Россия» партиялъул республикаялда ругел вакилзабазул гIахьаллъигун пресс-конференция. Гьеб партиялъул ДРялъул Халкъияб Собраниялда бугеб фракциялъул нухмалъулев Камил Давдиевасул рагIабазда рекъон, гьезул бищун тIоцебесеб тIалаб ккола 2018 соналда улкаялда къабул гьабураб пенсиязул реформаялдаса инкар гьаби. «Байбихьудаго ниж гьеб реформаялде дандечIун рукIана. Амма Пачалихъалъул Думаялда нижер ахIухъ гIенеккулел чагIи къанагIат рукIана...