Новость на родном

Гиппократил гьаялъе ритIухъал

ЦIакъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебе «ХIакъикъат» газе­талдасан цIалараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул «ГанчIил ракIал ратила гьал тохтурзабазул» абураб макъалаялъ. Ахираб заманалда батIи-батIиял газетазул гьурмазда гIемер раккулел руго М. Халиловас хъвалелда магIна релълъарал макъалаби.   Дица ТIадегIанав Аллагьасе рецц гьабула гьединаб унтиялъул «вирус» дир гIагараб Хунзахъ районалъул тохтурзабаздаса ракьалдаса зобгIан рикIкIад букIиналъ ва...

Новость на родном

ГIадамал хвасар гьариялъул мурадалда

Жакъа нилъер тохтурзабазгун медсестрабаз бахъулеб хIаракат – гьеб буго унго-унгояб бахIарчилъи загьирлъулеб гьунар. Щибаб секундалъ жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, къеркьолел руго гьел аза-азар унтарав хвалдаса ворчIизавизе гIоло.   Нужее, хIурматиял тохтурзаби, бетIер къулула ва ракI-ракIалъ баркала кьола!   «Республиканский урологический центр» абураб ГБУялъул бетIерав тохтур Дибир ХIажиев дида лъала лъебергогIан соналъ. Централда гьев хIалтIулев...

Новость на родном

Коронавирусги къезабун бажарула

Республикаялъул рахунел унтабазул централъул БОКС-отде­ле­ниялъул заведующая, тохтур-инфекционист ТIайгибат Хазамова данд­чIвана регионалиял СМИязул журналисталгун. Гьелъ бицана ко­ронавирусалдаса цIуниялъе Дагъистаналда гьарулел ругел тадбира­зул хIакъалъулъ.   ТI. Хазамовалъ рехсана дунялалда тIадго коронавирусалъ унтаразул баяналгун хIужаби. — Унтун вуго 93088 чи, хун вуго 3203 чи, сахгьавун вуго 50686 чи. Жакъа къоялде я Россиялда, я Дагъистаналда гьеб тайпаялъул гриппалъ унтиялъул...

Новость на родном

Ракалдаса бергьарай

Гьал къоязда нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чIвари гьабуна рак унтиялда къуркьизайизе кIвечIей, гIумруялъулги гIадамазулги къимат гьабизе лъалей, букIинеселде хьулгун балагьулей Жарият ГIалиевалъулгун. Гьелъ бицана захIматаб унтигун жакъа къеркьолей йигеб къагIидаялъул хIакъалъулъ.   — Жарият дулъ рак унти кин тIатараб, гьелъ кинаб асар гьабураб ва гьелдаса хадуб кин хисараб дур гIумру? — Рак унтиялъ хвана дир...

Новость на родном

Пайдаял хурдул

Кванирукъалда яги бакьалда ру­гъун бугони, гьадин гьабила: Семечкадул нахулги бацIцIадаб медицинаялъул спирталъулги лъаб-лъаб кIудияб гъуд тIела банкаялъубе яги шишинибе. КIалтIуги къан, цо-кIиго минуталъ лъикI чвалхезабила. Цинги спиртги нахги батIалъилалде хех гьабун гьекъела. Гьедин гьекъезе ккола къойида жаниб лъабго нухалъ кваналалде 20 минуталъ цебеккун. ЛъикI букIина жиб-жиб нухалъ цого заманалда гьекъолеб бугони.Артрит, ревматизм, миозит, паралич, радикулит...

Новость на родном

Бусаде ккарал гIадамазул черхалда ругънал лъугьинчIого рукIине

ТIоцебесеб иргаялда, бусаде ккаразул черх зама-заманалдасан биччараб катаналъ бацIцIина.   Гье­лъие, тIарсинибе хинаб лъелъе тIела цо кIудияб гъуд шампуналъулги 45 % спирталъул бащдаб стаканги ва багъарила. Гьелда гъорлъ ччураб катаналъ, ругънал лъугьунел бакIазде хасаб кIварги кьун, тIолабго черх бацIцIина. Цинги черхалда ругънал лъугьарал бакIазда бахина мазь ва эмульсия.Мазь гьабула гьадин: босила щарил нахул 200 г,...

Новость на родном

Дару батизе захIмат бугониги…

ТIолгодунялалъулго сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, щибаб соналда онкологиялъ унтулев вуго 10 миллион чи. Ахираб заманалда, ракалъул клеткабазул ДНК хисиялда хадуб халги ккун, онкологиял унтаби лъугьиналъе гIилла балагьулеб къагIида батун буго. Хьул буго гьединал цIех-рехаздаса хадуб рак унтиялде данде даруги батиялде. Рак унтиялъул 250 тайпа букIин хIисабалде босани, бичIчIула гьеб унтуде данде къеркьезе ва...

Новость на родном

Халкъияб тохтурлъи

ГIин унтун бугони…   ГIин унтани, хинаб боралъул спирталъулъ ччураб квасквасул чIоло биччала гIинзунибе. Пайда босизе бегьула лавандаялъул нахудасаги. 2-3 къатIра гьеб нахул жубазабила хинаб хурдузул нахул 10 къатIрагун. Гьелда гъорлъ ччураб чIоло гIинзунибе биччала, хадуб хинаб компрессги гьабила. Гьедин гьабулаго магIарзухъе тIинкIила бидурихьал къварид гьарулеб къатIра. Масала, називин, фтизин. Щай абуни, рахунел унтабазул микробал,...

Новость на родном

Кваницаги гьабула зарал

ДРялъул Роспотребнадзоралъ лъазабулеб буго ахираб заманалда нилъеца, хасго лъималаз кваналел нигIматазулъ цIикIкIунеб бугин транс-жиры (химикияб къагIидаялдалъун хисизабураб нах, беэнлъи) ва гьелъ сахлъиялъе заралги гьабулин. Лъималазе хIадурулеб кванилъ транс-жир хIалтIизабизе гьукъун буго РФялда, кванил нигIматал гьарулел фабрикабаздаги гьеб гIемер хIалтIизабуларо. Амма, гали бахъанщинал бакIазда дандчIвалел, хехаб къагIидаялъул квен хIадурулел бакIазда гьелъул кIварго гьабуларо, гьениса босулеб кванилъ...

Новость на родном

Ахирзаманалъул гIузру

Ахираб анцIго соналда жаниб Россиялда рак унтиялъ унтаразул къадар 20 проценталъ цIикIкIанин абулеб буго Россиялъул бетIерав онколог Андрей Каприница. Жеги анцIго соналдасаги гьединабго къадаралъ цIикIкIине бугин дунялалдаго онкологиялъ унтаразул къадарин баян гьабулеб буго жидерго сайталда РФялъул Минздравалъул пресс-хъулухъалъги.   ЧIахIияб ригьалъул гIадамаз бицунеб рагIула, жидер заманалда онкология абураб унтиго дандчIвалеб букIинчIин, ресукъго ругониги жидецаго гIезабураб...