Коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 13 декабралде щвезегIан Дагъистаналда коронавирусалъ унтун вуго 63384 чи. Гьезда гьоркьоса сахлъана 58484 чи, хвана 3057 чи. 12 декабралда республикаялда 158 чи тIадеги унтун ватана коронавирусалъ. Гьебго къоялъ больницаялдаса сахлъун рокъоре риччана 116 чи, хвана ункъоял. Пандемия байбихьаралдаса нахъе дунялалдаго коронавирусалъ унтун вуго 281 148 980 чи,...
