Хунзахъ районалда бихьизабуна «АхIун бахъинчIеб кечI» абураб спектакль РФялъул президентас 2019 сон лъазабуна Театралъул лъагIеллъун. Гьелда бан гьарулел тадбиразул цояблъун лъугьана МагIарул театралъул актеразул къокъаялъ Хунзахъ районалде гьабураб сапарги.Артистал Хунзахъе иналъул букIана цогидаб мурадги – исана 110 сон тIубалаан МагIарул театралъе кьучI лъурав гьелъул тIоцевесев директорлъунги вукIарав ГIабдурахIман Магаевас. Байрамалъул лъагIеллъун ккола гьеб Басир Инусиловасулги...

