Новость на родном

Поэзиялъул къо

21 марталда МахIачхъалаялдаги кIодо гьабуна шигIрабазул байрам   Гьеб байбихьана шагIирзаби Расул ХIамзатовасе, Сулейман Стальскиясе, Эфенди Капиевасе рарал памятниказда цере тIугьдул лъеялдалъун. Хадуб хъвадарухъаби, шагIирзаби ва Дагъистаналъул поэзия бокьулел данделъана Поэзиялъул театралда. Дандеруссин нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас. Гьес баркана шигIрабазул байрам ва цIалана Дагъистаналъул шагIирзабазулги жиндиргоги кучIдул. Цинги Дагъистаналъул батIи-батIиял...

Новость на родном

Ниж – цIияб гIел…

Жакъа гIолеб гIелалъул пикру гьабичIони, метер кватIун ккезе бегьула   ДРялъул Культураялъул министерствоялъ хIадур гьабураб «Сценаялъул устарзабаз – дагъистаниязе» абураб проекталда рекъо­н, республикаялъул миллиялги ЯсикIабазулги театразде, музеязде ва батIи-батIиял выставкабазде рачун рачIуна росабазул школазул цIалдохъаби. МагIарул миллияб театралъул администрациялда, гьеб масъала тIубазе батана батIияб нух, ай жалго лъималазухъе гьоболлъухъе унеб къагIида. Гьайгьай, росабазул клубазда ва...

Новость на родном

МугIруз салам кьолеб сариназул гъанситухъ

Щибаб кечI — цIияб къисмат, цIияб рокьи   ХIасратай кочIохъанМаргьадалъ букIунеб гIамиркоялъул берцинлъи бикъарай. ГIансахIанчIил гIадаб ритIухълъиялъул. МугIрулгIан тIадегIанаб намусалъул. Чундузгицин салам кьолеб кочIол гъасда цIа бакарай, гIадатлъиялъги гьитIинлъиялъги гIисинлъималазгицин Зайнаб-адайилан ахIулей, мугIруздаса гIодоре чвахун рачIунел лъаразул чилигIан хIайранаб, ракьулъан бурулел иццалгIан бацIцIадаб гьаркьил магIарулазул булбул. ГьитIинлъанагIан гIадамазе кIодолъарай, машгьурлъарайгIан гIадатлъарай, гIадатлъарайгIан тIадегIанлъарай, халкъияй артистка.Гьуинаб...

Новость на родном

МустахIикъал магIарулал

Квар халатаб, хабар магIнаяб букIана   Кварида васандулев АсхIабгIалица Галкин хIикмалъизавуна Россиялъул телевидениялъул ТIо­цебесеб каналалда буго «Бищун чIахIиял» абураб программа. Гьеб гIуцIун буго 55 сонил ригьалдаса тIаде арал гIадамазе жидерго гьунарал рихьизаризе рес кьеялъул мурадалда. Дагьалъ цебе рехсараб программаялда гIахьаллъана ни­лъер ракьцояв АсхIабгIали ХIаса­нов­ги. Гьесдаса цеве гьенибго гьунарал рихьизарун рукIана 87 сон барав ГIабдурахIман ГIаб­дулгIазизовасги....

Новость на родном

Миллаталъул матIу

МагIаруллъи даим чIаго букIина   Миллияб мацI. Миллияб маданият. Щалха кколел гьеб кIиялъулго гIаммал рахъал. МагIарул маданиятги магIарул мацIги. Цоцаздаса тIезе рес гьечIеб кIиго жавгьар. Миллаталъул кIиго кваркьи. Цояб гьечIони, цоялъул роржен загIиплъулеб. МацIалдаги миллаталдаги кьаву чIвазе толареб нилъер гIумруялъул цо бутIа. Миллаталъул маданияталъ борцуна миллаталъул къадруги тIадегIанлъиги. Маданият галадани, миллаталдаги мацIалдаги бегI букIунаро. Щибха...

Новость на родном

Машидат Гъайирбегова гьаюралдаса — 90 сон

Цо дур мегIерлъун те дун   МагIарул театралда данделъун рукIана шагIиралъул асарал рокьулел МагIарул шигIрабазул иргадулаб байрам байбихьана Машидатил гIумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ бицунеб видеофильмалдасан. ЦIидасанги гIагараб миллатгун кIалъана кIудияй шагIир. Гьенив кIалъазе вахъарав Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул сою­залъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас бицана ша­гIиралъул хIакъалъулъ. ТубхIат Зур­гьаловалъ ракIалдещвезаруна ша­гIиралъулгун рукIарал дандчIваял, цIалана Машидатил кучIдул. Гьединго шагIиралъул...

Новость на родном

Фазу ГIалиева гьаюралдаса — 85 сон

ШагIир херлъуларо, шагIир холаро МугIрузул каранда кунчIараб свин гьечIеб цIва — Дагъистан ккола пагьму-гьунар бугел гIадамазул ракь. Гьанир рижарал ва гIурал гIалимзабаз, шагIирзабаз ва цогидалги машгьурал гIадамаз дунялалдаго рагIизабуна мугIрузул улка. Гьединазул цояй ккола Дагъистаналъул халкъияй шагIир, Андрей Первозванныясул орден щварай Фазу ГIалиева. Гьелъул шигIрабаз малъана ватIан бокьизе, гьелъ ахIана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъи цIунейилан. Гьелъул...

Новость на родном

Макьие заман гIолареб хIалтIи

Учителасе — 6900 гъуруш, техничкаялъе  — 7800   Учителасе кьолеб харжалъул хIакъалъулъ газетаздагун электронияб сурсаталда бицунеб макъалаялда хадур загьир гьарун рукIуна батIи-батIиял пикраби. Цояз хъвала, гьанже гIадинаб хIакъираб хIалалда учитель киданиги вукIинчIин. Цогидаз, гьелъул гIаксалда, бицуна гьанжесел учительзабаз цIалдохъабазе камилаб лъай кьоларин ва гьел мустахIикъалги ругин хIакъир гьаризеян. «Ургъизе тIамулел руго» Учителасул харжалда тIасан бахIсал...

Новость на родном

ЧIвадназулъ — умумузул лъалкI

Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб ДРялъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана «Басриял росаби – тIагIунеб маданият» абураб суратазул выставка   Выставка гIуцIана «Дагъистаналъул росу» абураб этнографиялъул комплексалъги, Миллияб библиотекаялъги, Республикаялъул культурияб нахърател цIуниялъул агентствоялъги, РАНалъул ДНЦялъул МацIалъулги, адабияталъулги, искусствоялъул институталъги.Библиотекаялда цебелъун буго 65 росдал тарихияб сурат. Гьезда рихьула гIадамалги гочинарун хутIарал рес­публикаялъул росабиги. Выставка букIине буго 17 декабралде...

Новость на родном

ЧIагояб классика

Музыкалияб фестивалалда —  хореографиялъулаб драма «Имам Шамил»   27 ноябралда ГIурус театралда бихьизабуна СССРалъул халкъияв артист Мурад Кажлаевасул музыкаялда Россиялъул мустахIикъав артист Муса Оздоевас лъураб «Имам Шамил» абураб балет. АнцIила кIиабилеб нухалдаги дагъистаниязда ракIалдещвезабуна ватIаналъул бахIарчиял васаз бидуца хъвараб тарих.Пардав рагьарабго, цере рачIуна лъабавго имам: ГъазимухIамад, ХIамзатбег, Шамил. Гьез Дагъистаналъул тарихалда тана хасал лъалкIал. Балет гIуцIун...