24 ноябрь — улбузул къо Гьале исанаги тIаде щвана ТIадегIанас инсанасул гIумру берцинлъиялъе ракьалде йиччарай хIурулгIин, бищунго хIикматай, гIажаибаб гугьаралъул берцинлъиялъ сверухълъиго асир гьабулей эбелалъул байрам. Нилъер щивасул гIумруялъул тIехьалда буго эбелалъул магIуялъги рохелалъги хъварал тIанчал. Щивас зама-заманалдасан регула гьел тIанчал нахъехун. Дида гьикъани, масала, ВатIан сундасан байбихьулебилан абун, дица абилаан эбелалъул гьимиялдасанилан. ...

