ГIаракъи-чагъир гьекъей дагьлъиялда цадахъ, ахирал соназда цIакъго цIикIкIанин абизе бегьула наркотикал хIалтIизари. Гьелда данде рагъ баниги, гIемераб гIарац сверухъ сверулеб букIиналъ, загьираб хIасил кьолеб гьечIо. Аби буго, наркоманасул бугила кIиго нух — хабалъе ялъуни туснахъалде. Лъабабилеб, ай гьездаса бацIцIадаб нух батизе къанагIатазда гурони кIоларо. Гъизилюрталда букIараб руччабазул колониялда жанир тIамуразул гIемерисел рукIана наркотиказда хурхараб статьяялда...

