Гьал къоязда 100 сон тIубана лезгиязул республикаялъул жамгIиябгун политикияб «Лезги газета» къватIибе биччазе байбихьаралдаса. Гьеб газеталъ нахъа тана гIезегIан хIалуцараб ва захIматаб, амма халкъалъе хIажатаб захIматалъулаб нух. «Лезги газеталъ» кIудияб бутIа лъуна лезгияз гIумру гьабулел районазда гуребги, тIолабго Дагъистаналъулго социалиябгун экономикияб цебетIей бихьизабиялъулъ, бицана ва хъвана миллаталъул тарихалъул, мацIалъул, гIадамазул ва гIадатазул хIакъалъулъ....
