Новость на родном

ХIурматалъул Орден

    «БацIцIадаб ракI» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъул учредитель, ГIахьвахъ районалдаса бизнесмен ва меценат, Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул тIоцевесев вице-президент ГIумар МуртазагIалиевасе ХIурматалъул Орден кьуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьелда бан президентас гъулбасараб указалда шапакъаталъе гIиллалъун рехсолеб буго, Токиоялда тIоритIарал риидалил олимпиадаялдеги Паралимпиялъул хIаяздеги хIадурлъулаго, ГI. МуртазагIалиевас спортсменазе гьабураб квербакъи. ГIумар МуртазагIалиевас гIемер кумек гьабула социалиял...

Новость на родном

ЦIумазул улкаялдаса шагIиралъул юбилей

  24 июналда Авар театралда тIобитIизе буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир Сабигат МухIамадовалъул юбилеялда бан гIуцIараб тадбир. ШагIир ва хъвадарухъан Сабигат МухIамадов гьаюна 1962 соналда ЦIумада районалъул Инхокъвари росулъ. ЛъугIизабуна ДГУ ва хIалтIана Гъизилюрт районалъул централияб библиотекаялда. ГьабсагIаталда хIалтIулей йиго Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Республикаялъулаб миллияб библиотекаялда. Сабигатица «Дун — маг1арулай» абураб цIаргун тIоцебесеб кечI хъвана...

Новость на родном

Шамай Хъазанбиева – лауреат

     Ахираб заманалда пачалихъалъ кIвар кьолеб буго Россиялъул халкъазул мацIал церетIезариялде. Гьелдаго цадахъ гьоркьоса къотIулелго гьечIо рахьдал мацIазул сагIтал дагь гьаризе ругилан абулел харбалги.   Амма сундухъниги ралагьичIого, руго жеги ракI-ракIалъ рахьдал мацI лъималазда лъазе бугеб гъира свинчIел учительзабиги. МахIачхъалаялъул 11 гимназиялда магIарул мацIалъул учительлъун хIалтIулей йиго газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги. Исанасеб цIалул соналда...

Новость на родном

105-сонилаб тарихгун

    ХIурматиял редакциялъул хIалтIухъаби!   «Заман» абураб цIаралда гъоркь (гьанже – «ХIакъикъат») магIарул мацIалда тIоцебесеб республикаялъул газета къватIибе бачIана 1917 соналъул лъабабилеб апрелалда Темир-Хан-Шураялда.    105-сонилаб тарих нахъа тараб газета лъугьун буго республикая­лъул цIияб гIумруялда ккарал киналго лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ магIарулазе бицунеб аслияб алатлъун. Гьелда гIатIидго бицуна гьеб рахъалъ республикаялъул нухмалъиялъ гIумруялде бахъинабулеб политикаялъул хIакъалъулъги....

Новость на родном

ГIагараб Дагъистан, дун дур вас вуго!

   КIиго щуйил тIад хъвараб болъодул хIокIги тана,  Таваккалаб хаселалъ расулъ мугьруги лъуна.    (Къурбан КIулизанов)        Къурбан КIулизанов. ШагIир, журналист, кочIохъан, композитор, лъикIав инсан. Къурбан КIулизанов. ШагIир, журналист, кочIохъан, композитор, лъикIав инсан. ГьитIинабго росулъа васасул гьаракь цин лъалхъана гIагараб росдал сухъмахъазда, цинги гьелъ нух бахъана ЛъаратIа районалъул рорхатал мугIрул тIогьазде ва гьенисанги...

Новость на родном

Юбилейгун

     РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Казбек районалъул Буртунай росулъа Сайгидпаша ГIумахановас гьал къоязда тIубала 60 сон. БатIибатIиял хъулухъазда хIалтIулелъул, Сайгидпаша дагъистаниязда лъана тIаде босараб иш ракIбацIцIадго гьабулев, рагIи билълъарав нухмалъулев ва кIвахI лъаларев жамгIияв хIаракатчи хIисабалда. Хасго гьесул гьеб хасият загьирлъана Хасавюрт шагьаралъул бетIерлъун вугеб мехалда. Доб хIалуцараб заманалда гьев гурев цоги бокьарав чиясда...

Новость на родном

Гьавураб къогун

  ДРялъул хIукуматалъул председатель, Казбек районалъул Гертма росулъа ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасда баркула гьавураб къо. Ригь цIикIкIараб гьечIониги, нахъа тараб лъалкIалъул, гьарурал ишазул, тIурарал масъалабазул хIисаб гьабуни, гьел соназулъ буго гIумруялъулгун хIалтIул бечедаб тарих. Кинаб ишалда вугониги, гьес бихьизабуна жив хIалтIи лъалев, кигIан захIматалги суалал тIураялъе хIадурав, ккаралъуб хIеренлъиги хIажатаблъун кьвариги бугев, кьураб рагIи кколев нухмалъулев вукIин....

Новость на родном

Юбилейгун!

   «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъ баркула Рамазанова ПатIиматида гIумруялъул гьайбатаб юбилей. Республикаялъул магIарул радиоялде ячIун, гIолохъанай ПатIиматица 63 сон кьуна магIарул халкъалъе дунялалъул ва республикаялъул гIумруялъул, хирияб миллаталъул ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицунаго.    ДАССРалъул ва Россиялъул куль­тураялъул мустахIикъай хIалтIу­ хъан, махщелчIужу, захIматалъул ветеран, жамгIияй хIаракатчIужу, ПатIиматил радиоялдасан пасихIго чвахун бачIунеб берцинаб гьаракьалъ рекIее гьабулеб гIажаи­ баб...

Новость на родном

Гьавураб къогун!

«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъго баркула РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, магIарул редакциялъул гьудул ХIажиев ГIабдулхIакимида гьавураб къо! ГьитIинго жиндирго бажарилъаялдалъун гIумруялде галиги Гьарула щулияб сахлъи, хIалтIулъ тавпикъ, гьабулеб ишалъулъ рахIматгун баракат. лъун, Дагъистаналъул МВДялъул идарабазда ва Централияб аппараталдагун Северияб Кавказалъул полициялъулабгун миллияб гвар- диялъул батIи-батIиял бутIабазда хIалтIулаго, ритIухълъи чIезаби, Россиялъул ва республикаялъул мурадал цIуни, гIадамазе жиндаса...

Новость на родном

Баракатаб батаги 2022 сон!

    ХИРИЯЛ МАГIАРУЛАЛ!   Ахиралде щвана 2021 сон. Кинабха гьеб букIараб нилъее ва Дагъистаналъул цогидалги халкъазе? Гьеб рахъалъ хехго рекIелъе бачIунеб аслияб пикру загьир гьабуни, баракат бахъараб сон букIанин абизе бегьиларо. Нилъер миллаталъулги гIемерал сахал васалги ясалги, коронавирусалъул унти ккун, дунял тун араб соналде дандеккун, гьеб унти дагьабго нахъбекизабизе бажарараб сонгIаги букIана. ГIадамазулъ рекIел...