ГIагараб Дагъистан, дун дур вас вуго!

 

 КIиго щуйил тIад хъвараб болъодул хIокIги тана,

 Таваккалаб хаселалъ расулъ мугьруги лъуна.

   (Къурбан КIулизанов)

 

     Къурбан КIулизанов. ШагIир, журналист, кочIохъан, композитор, лъикIав инсан. Къурбан КIулизанов. ШагIир, журналист, кочIохъан, композитор, лъикIав инсан.

ГьитIинабго росулъа васасул гьаракь цин лъалхъана гIагараб росдал сухъмахъазда, цинги гьелъ нух бахъана ЛъаратIа районалъул рорхатал мугIрул тIогьазде ва гьенисанги боржана гIатIиракьалде, байбихьуда чIей гьабуна МахIачхъалаялда ва цинги зама-заманалдасан – тIад буссун щола магIарухъе. МагIаруллъиялъухъ урхъараб гьесул гьаркьида дандчIвай гьабула рорхатал мугIрузда гIумру гьабун ругел магIарулаз. Гьез чIвараб хъатгIан кIудияб сайгъат кинабха букIинеб кочIохъанасе. РагIана Къурбанил гьаракь магIарул радиоялдасанги, Авар театралъул сценаялдасанги ва магIарул кочIое сайгъат гьарурал цогидал тадбираздаги. Кив цеве вахъаниги, гьев хутIана Дагъистаналъул васлъун, гье-лъул гIадатал-гIамалалгун, рохел-пашманлъигун, рукIа-рахъингун.

  Гьавуна Къурбан ЛъаратIа районалъул ТIохьотIа росулъ. ГьитIинго бижана гьесулъ магIарул кочIоде рокьи. Къурбаница школалдаго байбихьана музыкалиял къецазда гIахьаллъизе. Соналдаса соналде тIегьалеб букIана гIолиласул рекIелъ кочIоде рокьи.

1989 соналда армиялда хъулухъги гьабун, рокъове тIадвуссарав Къурбан цIализе лъугьана Дагъистаналъул культураялъул училищеялде. ЦIалиялдаго цадахъ гьев хIалтIизеги лъугьана Авар театралде.

   Театралъул коллективгун цадахъ гьев щвана киналго магIарул районаздеги. Гьенив хIалтIулаго, гьес ролал хIана гIемерал спектаклязда. Масала, «Фатима» спектаклялда – Султан, «МугIрузул ГIали» спектаклялда – АхIмад, «АхIулгохI» спектаклялда – ГIабдурахIман, «ХIикматаб щвантIих» — Иванушка (лъималазе), «Мала Насрудин» — цIогьор, «ХIикматаб сандукI» — Аци-баци (лъималазе), «Рокьул ахIи» — Хизирхан ва цогидалги спектаклязда. ГIолохъанав актерасул пагьму-гьунарги бихьун, гьесухъе чанги кьуна аслиял ролалги. Ва Къурбаница кидаго ритIухъ гьабулаан жинде театралъул нухмалъиялъ гьабураб божилъи. ГIемер гIахьаллъана гьев гурхIел-рахIмуялъул тадбираздаги.

Ахирал соназда цIакъго машгьурлъана кочIохъан хIисабалда. ГьанжелъизегIан гьес къватIибе биччан буго жинцаго ахIулел кучIдузул 18 альбом. Гьединго махщел буго Къурбанил кучIдул хъвазеги. Гьес къватIибе биччана кIиго тIехь ва цо аудиотIехь. КъватIибе биччазе хIадурун буго жеги кIиго тIехьги.

   Кинал къецазда гIахьаллъаниги, Къурбание щолаан цересел бакIал. Масала, «Музыкалияб майданалда» гьев вахъана лауреатлъун, ТIолгороссиялъул миллияб кочIол «Авадан» конкурсалда гьесие щвана кIиабилеб бакI. ГIахьаллъана Северияб Кавказалъул профессионалиял театразул фестивалалда. Студентлъун вугеб заманалдаго, гьес роль хIана «Хвалчабазул рагIдукь алжан» абураб имам Шамилил хIакъалъулъ бугеб киноялдаги.

Дагъистан тун къватIирги кьуна Къурбаница гIемерал концертал. МагIарул кочIол гьайбатаб къисаялъул гьес бицана Ростовалда, Волгоградалда, Екатеринбургалда, Москваялда, Уфаялда, Ставрополь краялда, Санкт-Петербургалда, Азербайжаналъул Белокан ва Закатала районазда ва Россиялъул цогидалги регионазда.

    ШагIир хIисабалдаги, машгьурав вуго Къурбан магIарулазда гьоркьов. Гьесул кучIдул ахIула Зайнаб Махаевалъ, Зумруд ГIабдулаевалъ, ХIажилав ХIажилаевас, Шамил Ханахъаевас, ГIайшат Насрулаевалъ, ПатIимат ГIабдулаевалъ, Муминат ва ТIавус МухIамадоваз, ГIарип ГIариповас ва цогидалги машгьурал кочIохъабаз. Гьесул рагIабазда ахIулеб нусгоялдаса цIикIкIун кечI буго «Прибой» радиостанциялда.

Живго Къурбаницаги кечI ахIи байбихьана магIарул адабияталъул классиказул рагIабаздасан — МахIмудил, Инхоса ГIалихIажиясул, ХIамзатил Расулил ва цогидазулги кучIдул.

2013 соналдаса нахъе Къурбан КIулизанов ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул членги.

Гьединго Къурбаница кIудияб махщалида нухда рачуна бертабиги, кечI-бакъангун, кьурди-хъатгун ва мавлидалгун тIоритIулелги.

   — Щибаб бертадул букIуна жиндирго хаслъи. НекIогоялдаса буго магIарул бертабалъ кечIги кьурдиги. Гьанже гIемерисез мавлидал гьарулел руго. КIиго батIияб бертин. КIиго батIияб гьеб нухда бачIунеб къагIида. Дир пикруялда, цоялъ цоялъе квалквал гьабизе бегьуларо, — ян абула Къурбаница.

Кинал бергьенлъаби росаниги, кинаб борхалъиялде ваханиги, Къурбан хутIана мугIрузул васлъун, магIарул годекIан рекIелъ цIунарав. Гьелъго батила гьев кидаго цIалев умумузул гъасде. Гьесда ракIалда буго росулъ жиндирго рокъоб умумузул гIумруги рукIа-рахъинги ракIалде щвезабулеб музей гIуцIизеги. Гьеб ккола хадусел гIелазе гьитIинаб ватIан бокьиялъул кIудияб мисаллъунги.

   — Дагъистан, дун дур вас вуго — гьале гьединаб буго Къурбан КIулизановасул къисматалъул ахIи. Гьеб бихьулеб буго гьес жиндирго концертазе кьурал цIараздасанги:

— «Дун годекIаниве тIад вуссана», «Дун дур вас вуго, Дагъистан», «Умумузул кочIол дандерижи», «Дир ВатIан», «Дир халкъ – дир чIухIи», «РакIалъ кечI ахIулеб буго».

   55 сон тIубалеб, жибго гIумруялъгицин кIиго щуйилаб лъолеб гьаб гIужалда, «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъги газеталъул божарав гьудул, Дагъистаналъул халкъияв артист Къурбан КIулизановасе гьарула махщелчилъиялъулъ дагьалги чIахIиял бергьенлъаби. Биччанте гьес умумузул годекIабахъги, магIарул кочIохъги, гIадамазул ракIазулъги бакараб рокьул цIа даимаблъун хутIизе.

 Ш. ХЪАЗАНБИЕВА