ЦIумаз роржен лъола борхалъудасан КъватIибе бачIана ХIабиб НурмухIамадовасул хIакъалъулъ хъвараб тIехь Москваялда Synergy Global форумалда тIобитIана жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ UFC-лигаялъул чемпион ХIабиб НурмухIамадовасул хIакъалъулъ ДРялъул гIолилазул ишазул рахъалъ экс-министр Заур Къурбановас хъвараб «ХIабиб Тайм» абураб тIохьол презентация. Гьеб тадбир нухда бачана машгьурай журналист Тина Канделакица. «ТIехь хъвазе байбихьана кIиго соналъ цебе. Доб заманалда дун вукIинчIо...
