НурмухIамадовасул кIиабилеб бергьенлъи

Бразилиялъул речIчIухъан нокауталде ккезавуна тIоцебесеб раундалдаго

 

UFCялда цевевахъунев Дагъи­с­­таналдаса речIчIухъан СагIид НурмухIамадов бергьана араб шамат къоялъул къаси Бразилиялъул Форталезе шагьаралда букIараб UFC Fight-144 турниралда. ТIоцебесеб раундалъул лъаб­абилеб минуталдаго СагIидица нокау­талде ккезавуна Бразилиялъул речIчIухъан Рикардо Рамос.
Гьеб ккола НурмухIамадовас UFCялда босараб кIиабилеб бергьенлъи. 2018 соналъул июлалда дагъистанияв бергьун вукIана СШАялдаса Джастин Скотгинсидаса. Хадусеб къеркьеялда гьев дандчIвазе вуго тIадагьаб цIайи­ялъул бищунго къуватал ре­чIчIухъабазул цоявлъун кколев Шой Мэллилгун.
«Шон Мэлли кутакав чи вугин абула. Амма дида лъала гьелъие бугеб гIилла: UFCялъул нухмалъулез кидаго гьесул рахъккола ва гьев веццула. Гьесулги дирги речIчIиялъул буго релълъараб къагIида. ТIадагьаб цIайиялда дун къеркьола эркенго. РечIчIиялда цебе кидаго дир букIуна цого цIайи, цIикIкIараб тIасарехизе дица кколаро ва рагIи кьола бергьине хIаракат бахъизе бугин», — ан бицана СагIид НурмухIамадовас.
Жиндирго спортивияб карьераялда СагIид НурмухIамадовасул букIана 13 къеркьей, гьев къуна цохIо нухалда.
Турниралдаса турниралде цIикIкIунеб буго UFCялда церерахъунел нилъер речIчIухъабазул къадар. КъватIисел улкабазул болельщиказдаги лъикI лъала гьел Дагъистаналдаса рукIин. Цере UFCялда вацгIалзаби ХIабиб ва Абубакар НурмухIамадовал рукIун ратани, гъоркьиса Америкаялъул промоушеналде гъорлъе вачIана цоги речIчIухъан — гьезулго фамилия цояв — СагIид НурмухIамадов.