22 июль — Халкъазда гьоркьосеб боксалъул къо кколелъул, санайил гьеб байрам кIодо гьабулаан Москваялъул БагIараб майданалда. Исанайин абуни, коронавирусалъул пандемиялда бан, Боксалъул къо кIодо гьабуна онлайн къагIидаялда. Социалиял гьиназдасан бицана Россиялъул ва СССРалъул боксеразул хIакъалъулъ, телеканалаз рихьизаруна тарихалде арал гьезул къеркьеял. Гьединго, гьел тадбиразда хадуб халккуразе рес букIана машгьурал боксеразе суалал кьезе, гьезулгун гара-чIвари гьабизе....
