ТIаса рищарал командаби турниразде хIадурлъулеб МахIачхъалаялда бугеб регионалияб централда унел руго эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул Иван Ярыгинил турниралда цересел сборал. Ругьун гьариялъул тадбиразул цоялда гIахьаллъарав республикаялъул гугариялъул федерациялъул президент ХIайдар ХIайдаровас «Фитро» компаниялъул рахъалдасан речIчIухъабазе кьуна футболкаби ва спортивияб ретIел-хьит. Гьес бицана Дагъистаналъул тIаса бищараб команда тIубараб лъагIелалъ спортивияб ретIел-хьиталдалъун...
