Запись

«Меседилаб хасалихълъи – 2019»

ГIураб къадар нилъеегоги тун… Москваялда тIобитIулеб буго халкъазда гьоркьосеб агропромышленнияб форум ва «Меседилаб хасалихълъи — 2019» абураб выставка. Форумалда тIобитIараб сессиялда гIахьаллъана ДРя­лъул вице-премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министр Абзагьир ХIусеновги. Данделъиялда бицана дунялалъулго рынокалда Россиялъул нигIматал ричиялъул ругел ресал лъикIлъизариялъул хIакъалъулъ. Экспертазул хIиса­базда рекъон, Россиялъул рахъалдаса дунялалъулго рынокалда тIабигIиял нигIматазул 10...

Запись

Цоцазул адаб гьабизе ккола

Сочиялда тIобитIана «Валдай» клубалъул данделъи   «Валдай» клубалъул данделъи тIобитIана «Россия ва исламияб дунял: кIиялъулго кIвар ва цоцазде тIадецуй гьаби» абураб темаялда. Гьеб букIана клубалъул гIахьалчагIазул XVI дандчIвай. Гьенив вукIана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. Данделъиялда бицана Россиялъулги исламияб дунялалъулги ругел бухьеназул хIакъалъулъ. Данделъиялдаса хадуб ДРялъул бетIерас жавабал кьуна «Россия 24» телеканалалъул журналистасул суалазе. Масала, гьес...

Запись

Дин батIиял, ватIан цоял

АхIмад-хIажи ГIабдуллаев: «Мажгиталги килисабиги рукIинчIелани, Дагъистаналда жакъа гIадинаб гIодобе биччараб гIумру букIинароан»   «2018-2020 соназда ДРялда терроризмалъул идеологиялде данде хIалтIи гьаби» абураб программаялда рекъон, гIолилазул форум тIобитIана республикаялда. Гьелъул аслияб масъалаги ккола ватIаналде бугеб рокьи загьир гьаби, экстремизмалъул идеологиялде данде къеркьей. Форумалда гIахьаллъана Северияб Кавказалъул республикабаздаса ва цогидал регионаздаса вачIарав 150-гIанасев гIолилав. Гьебин абуни гIуцIун...

Запись

ЛъикIаб гIумруялде хьул

Сакъатазе бигьалъаби гьаризе ресал ратулел руго   25-26 сентябралда МахIачхъа­лаялда тIобитIана сакъатал ва сах­лъиялъул рахъалъ гIунгутIаби ру­гел гIадамазда (ОВЗ) гьоркьоб «Аби­лимпикс» абураб цIаралда гъоркь республикаялъулаб III фестиваль. ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоя­лъул гIолилал хIалтIудалъун хье­­за­риялъул «Успех» республикая­лъулаб централъул (РМЦЗ) нухма­лъулев Шамил МухIамадовас бицана «Абилимпикс» тIобитIиялъул ва исана гьелде гьабураб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. «Абилимпикс» ккола ресаздаса...

Запись

Шапакъат кьуна

Гьал къоязда 60 сон тIубана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас   Шапакъат кьунаГьал къоязда 60 сон тIубана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевас Гьеб рохалилаб къоялда бан, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас гьесие сайгъат гьабуна «Халкъазда гьоркьосел хъачагъал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубаялде» абураб медаль. Медаль муфтиясе кьуна Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо кIодо гьабулеб къоялъ. Республикаялъул нухмалъулес...

Запись

В. Путин: «Нужеца хъачагъазда бихьизабуна халкъ гьелгун цадахъ гьечIеблъи»

12 сентябралда РФялъул президент Владимир Путин вачIана Дагъистаналде   Улкаялъул президент республикаялде вачIана халкъазда гьоркьосел террористал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубай кIодо гьабиялъул хIурматалда. Гьелда дандеккана Дагъистаналъул халкъазул цолъия­лъул къоялъул байрамги. МахIачхъалаялъул аэропорталдасанго Владимир Путин Болъихъе ана ва КIудияб ВатIанияб рагъда, Афгъанистаналда, 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаздаса ватIан цIунулаго хваразе бараб памятникалда цере тIугьдулги лъуна....

Запись

Федералияв инспекторлъун тIамуна дагъистанияв

А. Степанов: «Дун чияр чи гуро» Гьал къоязда Дагъистаналде вачIун вукIана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Игорь Рабков. Гьесул гIахьаллъигун тIобитIараб ДРялъул хIукуматалъул министразулги ведомствабазулгун низам цIунулел идарабазул нухмалъулезул цадахъаб данделъиялда гьес бицана, 20 августалдаса нахъе СКФОялда бугеб РФялъул президентасул вакиллъиялъул Дагъистаналъул рахъалъ федералияв инспекторлъун Александр Степанов тIамунин абун.ЦIияв федералияв инспекторасул хIакъалъулъ гьадин абуна...

Запись

Рощнохъги гIарац кьола

Халкъалъе гIоло хIалтIулезе гIуцIизе руго киналго шартIал   Данделъи рагьулеб мехалда, ДРялъул бетIер Владимир Васильевас абуна жакъа гьоркьоб лъезе бугин киназулго рахIат хвезабулеб суал. «Жакъа киса-кибего бицунеб буго рощнол хIакъалъулъ. Дагъистаналдаги гьеб ккола аслиял суалазул цояблъун. Нилъер буго туризм цебетIезабизе рес, нилъ чIухIула бацIцIадаб лъимги гьаваги бугин, амма гIемерал соназ рощнол суал хутIана тIубачIого. Данделъиялде...

Запись

«Машук — 2019»

ЦIиял гьудулзаби, цIиял ишал  Пятигорскалда унеб бугеб Северияб Кавказалъул гIолилазул «Машук- 2019» форумалда гIахьаллъана Дагъистаналъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновги. Цогидал регионазул премьер-министралгун цадахъ гьев дандчIвана гIолилалгун, щвана миллиял майданазде. Дагъистаналъул вакилзабаз гьалбадерида рихьизаруна халкъиял устарзабаз гьарурал гIарцул, хIатIул, цIулал тIагIелал, халичаби, цIарагI ва цогидабги.  Артем Здунов дандчIвана Дагъистаналъул гIолилалгун. Гьез республикаялъул хIукуматалъул бетIерасе бицана жидерго...

Запись

ЦIолбохъанлъи цебетIеялъе нухал

Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда бицана бюджеталъул гIарац харж гьабиялъул хIакъалъулъ   Иргадулаб данделъиялда аслиял суалазул цояблъун букIана цIолбол бачIин бакIари. Гьелъул хIакъалъулъ бицана республикаялъул росдал магIишаталъул министр Абзагьир ХIусеновас. ЦIолбохъанлъи цебетIезабиялъе исана харж гьабизе буго 500 млн гъурущ. Жакъа къоялде пачалихъалъул кумек щун буго республикаялъул 66 магIишаталъе. Исана тIадеги 900 гаялда чIезе буго...