Запись

Пашманаб хабар

ТIасалъугьа, лъимал!   Кемерово шагьаралда ккараб балагьалъ гIумруялдаса ватIалъана 64 чи 2,8 миллионгIанасев чияс гIумру гьабулеб Кемерово область лъалаан гIезегIан цебетIураб промышленнияб регион хIисабалда. ТIубанго батIияб рахъалдасан область бихьизабуна 25 марталда Кемерово шагьаралъул (560 азарго чи) «Зимняя вишня» дармилгун рекIелгъеялъул централда ккараб балагьаб лъугьа-бахъиналъ. ЦIа ккеялъул хIасилалда бухIана гьеб центр, ва жакъа къоялда ругел баяназда...

Запись

ЦеретIеялъе нухал

Дагъистан: къватIисел бухьенал ва жанисел захIмалъаби   КъватIисел улкабазулгун бухьенал гьари буго нилъер республика цебетIеялъе хIажатал шартIазул цояб. Гьел гIатIид гьариялъ рес кьола экономикиялгун социалия­б рахъалъу­л суалал тIуразаризе. Гьеб цIакъго хIажалъула рес бугел гIадамаз нилъерго магIишаталде инвестициял кьолел гьечIеб заманалда. Ахираб 15-20 соналда жаниб Каспиялъул жаниблъиялда жиде-жидер мурадалгун дандчIвалел руго батIи-батIиял пачалихъазул бутIрул ва жамгIиял...

Запись

Президентасул рищиялги халкъалъул хьулалги

Владимир Путинидаса къуватав политик жакъа улкаялда гьечIин рикIкIана  халкъалъул цIикIкIарасеб къадаралъ   Россиялда анкьабилеб нухалъ тIоритIана президентасул рищиял   Рищиязул централияб комитеталъул (ЦИК) баяназда рекъон, Владимир Путиние гьаркьал кьуна, цогидал кандидатаздаса цIикIкIун гуребги, цереккунисел рищиязда щваралдасаги гIемер. Гьаркьалги рикIкIун, ЦИКалъ гьабураб хIасилалда рекъон: В. Путиние щвана гьаркьазул 76,65 процент, КПРФалъул кандидат Павел Грудининие – 11,82...

Запись

Республикаялъул гIумру

Европаялъул чемпионаталде хIадурлъи   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи Данделъиялда Владимир Васильевас баркала кьуна президентасул рищиял тIоритIизеги гьениб гIадлу-низам букIинабизеги хIаракат гьа- бурал пачалихъиялги муниципалиялги идарабазул нухмалъулезе. Централияб рищиязул комиссиялъги гьеб хIаракаталъе лъикIаб къимат кьунинги абуна гьес. ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас бицана гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталде гьабулеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ....

Запись

Министерствабазде сапар

ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов дандчIвана МЧСалъул хIалтIухъабигун   РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул нухмалъулев Нариман КазиахIмадовасги Артем Здуновасги ракIалдещвезаруна тIадаб борч тIубалаго хварал МЧСалъул хIалтIухъаби ва гьезие бараб памятникалда цере лъуна тIугьдул. Гьелдаса хадуб гьел щвана цIа свинабулезул №7 часталдеги гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал ккараб мехалда хIалтIуе нухмалъулеб централдеги. Гьелдаса хадуб Артём Здунов дандчIвана...

Запись

Ихтиярал цIуни

90-абилел сонал такрарлъиларо   Росгвардиялъул хIалтIухъабаз цIунизе буго ДРялъул Мулкалъул министерство Пуланаб данделъиялда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас абун букIана, республикаялъул Мулкалъул министерствоялъул хIалтIухъабазе хIинкъаби кьолел рукIиналда бан, гьеб цIунизе гьенире ритIулел ругин Росгвардиялъул хIалтIухъаби. Гьелда бан, 21 марталда тIобитIараб пресс-конференциялда гьадинаб баян кьуна Росгвардиялъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев генерал-майор МухIамад БагIачиловас: «ХIинкъаби кьеялда...

Запись

Аналитика

Бергьуневлъи лъалаан. Хадуб щибдай букIина?   18 марталда улкаялда тIоритIана президент вищиялъул рищиял РФялда иргадулаб нухалдаги вищана улкаялъул президентлъун Владимир Путин. Рищиязда гIахьаллъана избирателазул 67 процент, ва гьезда гьоркьоса 76 проценталдаса цIикIкIун чияс гьаракь кьуна Путиние. КIиабилеб бакIалде ккарав Павел Грудининие щвана 12 процент. Дагъистаналда рищиязда гIахьаллъана избирателазул 87 процент. Гьезул 90,7 проценталъ гьаракь кьуна...

Запись

Улкаялъул президент Дагъистаналда

13 марталда республикаялде вачIун вукIана Владимир Путин   Гьев дандчIвана Болъихъ ва ЦIу­мада районазул жамагIатазул вакилзабигун. ДандчIваялда бицана регионалда церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.МагIарулазулгун гара-чIвари гьабулаго, гьадинаб кIалъай гьабуна Владимир Путиница: «Дагъистаналде вачIиналъул мурад буго, кин гьеб цебетIолеб бугебали, кинал масъалаби дандчIвалел ва гьезда гьоркьоса, тIоцебесеб иргаялда, кинал тIуразаризе кколелали мухIкан гьаби.Гьанир гIодорчIаразул гIемерисел дида лъала. Лъала...

Запись

ЛъикIаб къимат кьуна

Дагъистаналда сахлъицIуниялъе гIуцIун ругел шартIаздаса рази хутIана О. Аполихин   6-7 марталда Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул сахлъицIуниялъул министерствоялъул репродуктивияб сахлъиялъул рахъалъ штаталда гьечIев бетIерав специалист Олег Аполихин. ТIоцебесеб иргаялда, гьев щвана республикаялъул урологияб централде. Гара-чIвари гьабуна унтаразулгун. Централъул тохтурзабазулгун букIараб дандчIваялда гьес бицана «Цогояб профилактикияб ахIва-хIал» абураб программаялъул хIакъалъулъ. Гьелда рекъон, унтаразе медицинаялъулаб кумек щвезе...