Гьава-бакъ рекъезабулев чи ккола ТIадегIанав Аллагь ва Гьесул хIукмуялдаса рорчIизе бакIги гьечIо. Амма къуватал гьураздасаги, гьалагаб цIадалдасаги, кутакаб багIариялдасаги, хъетIун балеб гIаздадасаги нилъго цIунизе тIадаб буго щивасда. Араб анкьалда МахIачхъалаялда кутакаб гьури бахъана ва гьелъул хIасилалда тахшагьаралъе ккана гIезегIан зарал. Къокъго абуни, тахшагьар хIадур батичIо тIабигIаталъул гьединаб ахIвал-хIалалде. Дагьаб цебе гьалагал цIадал рараб заманалдаги лъелъ...
