Софиялда тIобитIана Европаялъул чемпионат Анкьабилеб декабралда Софиялда тIоритIарал паратхэквондоялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосел къецазда лъикIал хIасилал ккана Дагъистаналдаса спортсменазул. Европаялъул чемпионаталда бергьаразулгун ва призеразулгун дандчIвай гьабуна МахIачхъалаялъул аэропорталда. Софиялда паратхэквондоялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаллъун рахъана Заира Иразиева (58 кг) ва ГIалиасхIаб Рамазанов (75 килограммалдаса цIикIкIараб цIайи). ГIарцул медалазе мустахIикълъана МухIамадзагьир ГIисалдибиров (75 кг) ва Мухтар Кумаев...
