28 маялда Россиялъул тарихалъул музеялда тIобитIана информациялдалъун терроризмалда дандечIей кин гьабилебали бицараб гIелмиябгун практикияб конференция. Гьеб тIобитIана ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ. «ГЬАНЖЕ ТЕРРОР ШКОЛАЗДЕГИ ЩУН БУГО» «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовасул рагIабазда рекъон, цере террористазда гьоркьор гIемерисел рукIунаан 18- 35 соназде рахарал гIолилал. Гьанже абуни гьезда гъорлъ школлъималгицин ратулел руго....

