Араб анкьалда Каспийскиялда тIобитIана терроризмалда данде къеркьеялъул хIакъалъулъ бицараб конференция. ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъул квербакъ- иялдалъун гIуцIараб гьелда гIахьаллъана республикаялъул СМИязул вакилзабиги терроралда дандечIеялъе хIалтIи гьабулел хасал хъулухъазул гIадамалги. Интернет цебетIураб заман бугелъул, гьанже экстремизмалъул идеябиги гьенисан тIиритIизарулел ругин бицана конференциялда. Азербайжан мацIалда биччалеб газеталъул вакилас...

