Щивав чиясе гIадатаб ва ругьунаб ишлъун ккола хъизам-лъималазе гIоло хIалтIи, гьезул тIалаб-агъаз гьаби. Амма сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялъул магIна бичIчIулареб захIматаб заманалда рес буго бокьарав чи, хасго жеги михъида хIур хъвачIев гIолохъанчи, вихха-хочун лъугьине. Гьеле гьединал гIолилал ккола, диниялгун жамгIиял ишазул рахъалъ тIадегIанал мурадазул бицун, жидер аслияб гIилла балъго толел къокъабазул вакилзабаз гъураб къорикье. Ахир-къадги гьединал...

