5 июлалда ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги гIахьаллъун, Унсоколо райадминистрациялда тIобитIана терроризмалъул хIакъалъулъ бицараб данделъи. Премьерасул рагIабазда рекъон, хIажат буго лъай кьеялъулги, гIемерал гIадамал ракIарулел, хасго гьанже туристал щолел объектаздаги хIинкъи гьечIолъи чIезабизе. Районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовас бицухъе, терроралъул рахъалъ ахIвал-хIал гIодобе биччараб буго, букIаниги, гьенир цо-цо тадбирал тIоритIизе...

