Жаваб кьезе ккола щивас ДРялъул хIукуматалъул данделъиялда бицана хасалиде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ Данделъи тIобитIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас. 2017-2018 соназде республикаялъул ЖКХялъул магIишат хIадур гьабиялъул масъалаби церелъуна гьенир.ДРялъул бакIал раялъулги, архитектураялъулги, ЖКХялъулги министрасул ишал тIуралев Ибрагьим Казибековас бицана, 15 октябралдаса нахъе хинлъизарулел ругин республикаялъул шагьаразулги муниципалиял районазулги социалиял бакIал. «МахIачхъалаялъулги, Гъизляралъулги, Каспийскалъулги, Хасавюрталъулги,...
