Къей лъаларев «ЦIум» UFCялда цеве вахъунев Дагъистаналдаса речIчIухъан, ЦIумада районалъул Силди росулъа ХIабиб НурмухIамадовасе (гьесул тIокIцар буго «ЦIум») щвана тIатIалаго ичIабилеб бергьенлъи. 30 декабралда къаси Лас-Вегасалда букIараб UFC 219 шоуялда ХIабибица ракIчIараббергьенлъи босана Бразилиялдаса Эдсон Барбозада тIад. Гьезул речIчIи халатбахъана гьелъие бихьизабураб лъабго минуталъ ва ХIабибил тIоклъи букIана лъабабго раундалда. Гьеб заманалда жаниб дагъистанияс...
