Дунялалъул тIолалго пачалихъазда гьарулел нигIматал ратула нилъер тукабаздаги базараздаги. Амма нилъер гьаниса къватIибе щиб ва кибе унеб? Гьеб суалалъул цо бутIа мухIканго лъала Дагъистана-лъул экспортеразул ассоциациялъул нухмалъулев, Шамил района-лъул ГIуриб росулъа ХIамзатов Арслан-ГIалида. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги. — Арслан-ГIали, ассоциациялъул аслияб хIалтIи щиб, щал гьелда гьоркьоре унел?— Дагъистаналда гIезегIан руго тIадегIанаб даражаялъул, лъикIаб...
