Запись

Лъимги, гьуриги, хисардулеб гьава-бакъги

 Дагьал церегIан къоязда «Дагъистаналъул правда» газеталда тIобитIараб данделъиялда борхараб аслияб суал букIана «Камиялги дагь гьарун, энергиялъулаб гуч нахъе цIуни» абураб. Гьелъул бицине данделъиялда гIахьаллъи гьабизе кколаан пачалихъиял идарабазул вакилзабаз ва экспертаз. Амма гIемерисел данделъиялде рачIинчIолъиялда бан, жаваб щвечIого хутIана цо-цо суалал. Кин батаниги, нижер цо-цо суалазе жавабал кьуна гIемерал соназ энергетикалъулаб гIуцIиялда хIалтIарав, гьабсагIат экономикаялъул...

Запись

Лизингалги микрозаймалги

Нилъер гьаниб гIадатлъун лъугьун буго, жидерго хIалтIи гьабулаго пачалихъалъул идарабазул рахъалдасан квалквал гурони кумек щвей щакаб жо бугин абураб пикру. Амма руго цогидал мисалалги. Маса­ла, гьединазул цояб ккола «Дагълизингфонд» компания. Гьелъул нух­малъулев, Шамил районалъул КъахIиб росулъа МухIамад ГIариповгун дандчIвана ниж гьел къоязда.     — МухIамад, нужер компани­ялъул аслияб хIалтIи буго лизин­говиял (байбихьуда багьаялъул цо...

Запись

Кризисалъул дарсал, заманалъул ресал

Коронавирусалъ рещтIинабураб кIудияб балагьалъулгIан гIемер бицунеб суал гьечIо гьал ахирал моцIазда. Гьелъул «рагIадалда» гъоркье ккечIеб бутIаго хутIун батиларо нилъер гIумру-магIишаталъул. Нилъер экономи­каялъе гьелъ гьабураб асаралъул гIезегIан лъикI лъала «Финанс-ГРУПП», бизнес цебетIеялъе квербакъулеб компаниязул гIуцIиялъул нухмалъулей Жамиля Мелесовалда. Гьелъулгун гьабуна нижеца гара—чIвари.     -Жамиля, кинаб бугеб нужер гIуцIиялъул аслияб рахъ? -Компания рагьулаго, хIалтIи гIуцIулаго, нижер...

Запись

Бичулелъе босулев камуларо

МахIачхъалаялда бугеб бизнесчагIазул ассоциациялда гьоркьове уна анлънусгоялдасаги цIикIкIун чи. Гьезул цояв ккола Шамил района­лъул Ракьуб росулъа ГIали ХIасановги. Гьес лъугIизабуна ДГУялъул советияб дармилаб факультет, хIалтIана даран-базаралъул бутIаялда. 1994 соналдаго рагьана магIишатияб къайи-цIа бичулеб тукен ва гьабсагIаталдаги вуго гьеб хIалтIуда. — ГIали, щиб гIиллаялдалъун дуца тIаса бищараб дармилаб факультет?— Дун гIуна Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ. РакIалда...

Запись

«ЧIегIераб» меседил «мазгарул» кунчIи

МагIданазул ва тIабигIиял сурсатазул рахъалъ Россия дунялалда тIад бищун бечедаб пачалихъ бугин абула. Гьезда гьоркьоб кIвар бугеб бакI ккола нартицагун тIабигIияб газалъ. 2019 соналда Россиялда бахъана нартил 560,2 млн тонна, гьелъул 42 процент буго ПАО «НК Роснефть» компаниялъул (нухмалъулев Игорь Сечин). Гьелъул Дагъистаналда бугеб дочернияб ПАО, «НК Роснефть-Дагнефть» компаниялъул генералияв директор, Халкъияб Собрания­лъул депутат, Гъуниб...

Запись

ГIарац кьечIони, судалде ккола

ЧIарада районалъул Гьочоб росулъа ТIалхIатов МухIамадхан гIемерал соназ хIалтIана ДРялъул Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъул батIи-батIиял хъулухъазда, вукIана министрасул заместительлъунги. 2013 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместительлъун. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги.    — МухIамадхан, 2013 соналда гIуцIараб фондалъул хIалтIи буго гIемертIалаял минабазда гIумру гьабулел гIадамазухъа гIарацги ба­кIарун, гьел къачIай. Гьелде щве­зегIан...

Запись

Абдулмуслим Абдулмуслимов принял участие в парламентских слушаниях комитета Государственной Думы по аграрным вопросам

  В понедельник, 17 февраля, заместитель Председателя Правительства Республики Дагестан Абдулмуслим Абдулмуслимов принял участие в парламентских слушаниях комитета Государственной Думы по аграрным вопросам о мерах по совершенствованию оборота, рационального использования и охраны земель сельскохозяйственного назначения. Мероприятие собрало около 500 участников, заинтересованных в развитии сельскохозяйственной отрасли. Касательно Дагестана, вице-премьер сообщил, что в республике идет нарастание площади...

Запись

17 млн гъурщил гранталъе мустахIикълъана

  МухIамад Сулейманов гьавуна МахIачхъалаялда. ЦIалана Каспийскиялъул школа-интернаталда, лъугIизабуна кIигониги университет: ДГУялъул экономикияб факультетги Москваялъул пачалихъияб рагьараб университетги. ГьабсагIаталда гьев ккола ДГУялъул рехсараб факультеталъул финансазулгун кредиталъул кафедраялъул доцент, экономикиял гIелмабазул кандидат ва РФялъул хIукуматалда цебе бугеб Финансазул университеталъул докторант. МухIамад ккола МахIачхъала шагьаралъул ЖамгIияб палатаялъул членги «Россиялъул лидерал» абураб кадрабазул къецалъул бащдаб финалалъул гIахьалчиги.  ...

Запись

Майин кьураб гIарац хIалтIизабизе лъалеб гьечIони…

ХIалтIизабунги бажаричIого, 8,3 миллиард гъурущ пачали­хъалъул казнаялде нахъбуссинабуна нилъер республикаялъ араб соналда. Демографиялда ва лъай кьеялда хурхарал миллиял проектазе биччан букIараб гьеб гIарцул 43 процент гурони харж гьабун бажарунцин гьечIо. Гьебго куцалда 10 млрд гъурущ 2018 соналдаги нахъбуссинабун букIана.Миллиардазул къадаралда бюд­жеталъул гIарац Москваялде нахъ­буссинабизе ккани, халкъалъул киналго гIузраби тIуран ругин Да­гъистаналдаян кколеб батила федералияб централда....

Запись

Басриял масъалабиги цIиял къагIидаби

  ГIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъул ва басрияб минаялъуб гIумру гьабун ругезе заманалда рекъарал шартIал чIезариялъул мурадалда гIуцIараб «Ветхое жилье» абураб программма Россиялъул регионазда хIалтIизе байбихьана 2002 соналда (Дагъистаналда гьеб хIалтIулеб буго 2013 соналдаса нахъе).   Гьеб программаялда рекъон, тIолабго Россиялда эркен гьабураб басрияб мина-карталъул (гIадамал жанире рахъараб цIиялъулги) гIатIилъи бахана 15 млн кв метралде, жеги гьабизе...