Арал гIодоркъояз «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар гьабуна, магIарулазул халкъияв шагIир ва гьунар бугев драматург ГIабасил МахIамадил ватIаналде. ЛъагIилухъ росдал школалъул азбаралда, гьев ракIалде щвезавиялъул мурадалда, монумент рагьулеб тадбиралде ахIун рукIана ниж. Гьеб тадбиралъул хIакъалъулъ Шамай Хъазанбиевалъ хъвараб макъала гьаб газеталъул 6-абилеб гьумералда бахъун бугелъул, дица бицина дидаго бихьа-таралъул.
ГьанжелъагIан бицунеб рагIун букIаниги, исана тIоцеве щвана дун ГIабасил МахIамадил росулъе. ТIоцебесеб сапаралъ гьабулеб асарги ракIалдаса унареб букIунелъул, пикру ккана гьелъул хIакъалъулъ нужееги бицине.
ЛъагIилухъе ниж ана Кьохъан. Кьахъадерил ахазде тIаде балагьараб бакIалде щведал, гьаб бакIалда жинца цо кечI рикIкIине кколин кIалъана цадахъ ийкIарай тележурналист Хатимат МухIамадова.
ТIабигIат берцинаб бакIалда буго ЛъагIилухъ. Хунздерил тIалъиялдаса тIурал гьитIинав вацал гIадин руго Харахьиги, гьелдаса гIемер рикIкIада гьечIого — ЛъагIилухъги. ЛъарагIлъиялда гIадин дуз битIараб гьечIониги, гьава бакъ-рекъараб, гьобол-гьудуласе асар гьабулеб хьиндаллъи бугоан гьеб.
ГIабасил МахIамадил минаялде гIагарлъулаго, цо тамашаяб асаралъ кверде восана. Дида гьев вихьун лъалев чиги вукIинчIо. Инсул, цадахъ хIалтIулезул биценаздасан лъалаан кутакалда гIадан хирияв, гьобол-гьудуласул адаб бугев чи вукIанилан. Гьанже гурони гьанже гьев дандчIвазе ватилин абураб гIадин букIана ракI. Амма ГIабасилас дандчIвай гьабичIо. Азбарин абун цIун букIана гьалбадерица. Рагьдухъ тIибитIун букIана белъунеб гьаналги, бежулеб чадилги махI. Цоцалъ ран гаргадулел руччабазул хъуй, бихьиназул релъигун махсараби.
ГIажаибго рекIее гIуна дие Савдат-эбелги. ВачIа-вачIарасда хIеренго кIалъалей, щиб гьезда цебе лъелеб, кир гьел гIодор чIезе гьарилелали лъаларого йик1ана гьей. Киназего бокьун бугоан гьелда аскIор гIодор чIезе, гьелъул рекIелъ рекъолеб хабар бицун гьей йохизайизе ва гьелда аскIор чIун суратал рахъизе. Амма, «херай жиндир бахъичIого, нужерго бахъе сурат», — иланги абун, инкар гьабизе къасд гьабулебги букIана гьелъ. Кисаха толей нилъер гIанчIал руччабаз, Савдат- эбелалда къвал базе щвараб лахIзат тарихалде унеб хIисаб букIана гьезул.
Киназулго мурад т1убан хадубг1аги гьелда кIалъазе санагIат рекъелародайилан вукIарав дун, кваназе ахIана цо гIолохъанчияс. «Гьедин чIани дуе хадуб хIанчIизе хинкI щоларинги» абун, гIедегIинавуна гьес. Бертаде гIадин къачIана бугоан ГIабасиласул гIатIидаб азабаралда кванил тепси. Гьарзаго букIана столалда тIибитIараб нигIмат.
Цогидаз гIемер бицунеб рагIун, цебего хиял лъун букIараб ГIабасил МахIамил музеялдеги щвана. Гьединаб бечедаб музей магIарухъниги щиб гурин, республикаялъул шагьараздацин батиларин ккана ракIалде. ХIайран гьавуна ГIабасиласул библиотекалъги. ТIубар гIумруялъ гьес данде гьарурал тIахьазул ункъабго къед цIурал полкабаз кутакаб асар гьабуна. Умумузул кини-рощеналдаса бахъараб, буртинаялде щун камураб алатги, цIа-рагIги, къайи-цIаги гьечIоан гьениб. Киса-кибго бихьулеб букIана ГIабасил МахIамадил лъалкI, гьесул кверзул рагъари.
Машгьурав шагIирасул минаялдаса гIемер рикIкIад гьечIого буго, гьесул цIар кьураб росдал школаги. КIиго соналъ цебе, тохлъукьего цIаги ккун, бухIун букIараб басрияб школалъул бакIалда эхетун буго, гьанже заманалъул киналго цIалул сурасатаздалъун хьезабураб кIит1алаяб мина. Школалде лъугьарабго буго ГIабасиласул гIумруялъул лахIзатазул бицунел рикIкIен гIемерал суратаз къалъизабураб стенд. КIиго соналда жаниб эхетанин школалъе цIияб минайин бицана директор Бегасги. Гьевгун цадахъ щибаб классалдеги щвана. Авар мацIалъул ва маданияталъул дарсал кьолеб рокъор «къ, кь, лъ, чI» хIарпал хъварал игIланазда цере лъалхъунги хутIана. РакIалдещвеяз лъимерлъудеги рачана.
Бакъанидехун гьалбал нахъеги кванил столалде нахъе ахIана ГIабасиласул гIагарлъиялъ. Гьуинаб хабарги, ГIалихIажи МухIамадовас ахIулеб кочIол гьаракьги, руччабазул разияб релъи-хъуялъги цIун бук1ана сверухълъи. Амма кинабго жоялъул ахир букIунеб гIадин, гьеб дандеруссиналъеги заман щвана биххизе. Савдат-эбелалъеги, гье- лъул гIага-божаразеги баркалаги кьун, ниж къватIире рахъана.
ТIадруссутIа нижер нух букIана хунздерил тIалъиги къотIун. Херехьдерил магъилъе щваралго хер бецулел гIадамалги ратана. ГIарахъ гьабулел ратарал бихьиназе саламги кьун: «Цебегоялдаса нахъе лъен кодобе босун букIинчIо», — янги абун, гьезда аскIове ана газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов. Ва к1вараб кумекги гьабуна.
МаркIачIул как ахIулеб гIу- жалдехун Макьасде рахунеб габурлъухъе щвана ниж. ГIурдада какалги ран, хунздерил тIалъиялъе бетIерги къулун, сардил бецIлъиги хъвалхьунаго гьаругьинан тахшагьаралде нахъ руссана…