Пикруялъулги лъаялъулги рахъалъ церетIурал, Дагъистан тун къватIир гIумру гьабулел нилъерго ракьцоял рихьидал, батIияб асар лъугьуна.
Гьедин ккана гьал къояздаги – «ХIакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ ячIун йикIана Санкт-Петербургалда гIумру гьабулей невролог ПатIимат Асадулаева.
Дагъистаналъул медакадемия лъугIун хадуб, гьей цIалана Санкт-Петербургалъул Мечниковасул цIаралда бугеб пачалихъияб академиялъул ординатураялда.
Гьениб неврологасул махщелги камил гьабун, ПатIимат лъугьана аспирантураялде.
Гьединго, къокъаб заманалда жаниб Венаялда цIалунги камил гьабуна гьелъ махщел.
Гьеб заманалда жаниб ПатIимат кIиго ясалъул эбеллъунги яхъана. Редакциялде ячIараб къоялъ гьелда цадахъ йикIана кIудияй яс – Нияр-ханум. 15 сон барай гьелда лъалеб бугоан кореязул ва ингилис мацIалги.
Миллаталъул рахъалъ лъарагIай кколей йикIаниги, магIарул газеталда кьолеб буго дагъистанияздехун къватIибехун бугеб бербалагьиялда, ахираб заманалда тIиритIулел ругел цо- цо унтабазда ва цогидалда тIасан ПатIиматилгун нижер ккараб гара-чIвари.
— ПатIимат, Дагъистаналда щварал дипломаздехун Россиялда тIаса-масагояб бербалагьи букIунин бицунелъул, дуда халлъанищ гьеб?
— Доб мехалда Россиялда унго-унголъунги цо кIудияб божилъи букIинчIо нилъер дипломаздехун. Гьединлъидал лъилниги кинабгIаги тIадкIалъай букIинаредухъ, дун ячIинахъего гIарцухъ цIалулеб отделениялде лъугьана.
Амма ракIчIун абизе кIола дие Дагъистаналъул медакадемиялда щвараб байбихьулаб лъай гIезегIан лъикIаб даражаялда батанилан.
ГIадамазул бербалагьиялъул бицани, Петербургалъул чIахIияб гIелалъ кутакалда адаб гьабула нилъер чагIазул. Гьоркьохъеб гIелалъул абуни, дагьаб божилъи гIолеб букIинчIо нилъеразде, хасго церегIан соназда. Нилъер гьаниса щуго яс йикIана доб мехалда ординатураялда цIалулей.
Цо къоялъ нижер кураторалъ абуна хIухьбахъизе ине бокьилаанин жиндие, амма Турциялде инегицин рес гьечIила. Санайилго сапараз унеб лъикIаб гIадат буго дозул. Нилъерал абуни кирениги унаро, ремонтал гьаризе рокъорго чIола.
КватIичIого рокъое, Дагъистаналде инехъин йигин дун, цадахъ йилълъайин абуна дица кураторалда. Гьеб мехалда берал чIахIалъун рачIана гьелъул. Белталги дицаго росилин, разилъеян такрар гьабуна дица хадубги. Гьейни разилъана, амма гьелъул эбел йикIун йиго йихха-хочун, кинаб Дагъистанин букIунебилан.
ЛъикIги-квешги ячIана гьей гьание. Нижеца гьей ячана гIагарал чагIазул мавлидалде, Дербенталде, Сарыкумалде, ЧIикIаб хIорихъе. ХIадурана умумузул квенал. Рихьизаруна нилъерго гIадатал.
Гьедин нилъедехун тIубанго бербалагьи хисана Елена Борисовная-лъул. Гьелъ бицун – цогидазулги.
Нижедаса хадур, тIасияб соналъ, нилъер гьаниса васалги рачIана добго ординатураялде. Гьезухъаги борчIичIо кинабгIаги тохлъи. Бокьараб хIалтIукьаги хIинкъулароан. Гьединлъидал халкъалъе къимат кьей гьелъул вакилзабазда бараб букIуна.
— Дуца гIелмияб хIалтIи инсультазда тIасан хъван букIанин цIалана дица. Гье- лъул рахъалъ дуца щиб абулеб?
— Россиялъул даражаялда босани, 80 процент буго инсульт кколел чагIазул къадар. ГьитIинаб мехалдасаго сах гьаричIого тарал лъималазул гIиси-бикъинал гIузрабаздасан кколел жал руго инсультал. ТIадежоялъе, цере гIадин рагъа-рачарулелги гьечIо гьел. Масала, гимнастика гьабизе тIамулел гьечIо. Дарсал гьарулеб мехалдаги телефонал-компьютеразда нахъаги, гуризабун гьодгун, чIолел руго лъимал гIодор. Дагьал кIудиял гIуралго, остеохондроз лъугьинабула гьединал гIузрабаз.
Гьарулеб мехалдаго чорхое зиян ккеялдаги бараб букIуна хадубккун чиясулъ унтаби загьирлъи. Масала, гьанжего-гьанже гьарурал лъималазул 85 процент букIуна горбол гьодиде хIал ккараб. Хадуб гьеб сверула габур гьетIиялде, бохдул къокълъиялде, гьединго хондрозалде.
— ГIемерисеб мехалда нилъер гIадамал Россиялъул шагьаразде унел руго лъикIал клиникаби цIехон. Дуда дандчIвалищ гьел?
— ТIокIалъ чIечIого рачIуна. Гьебги гIемерисеб мехалда онкология букIиналда щаклъи ккани гурони рачIунаро. Лъималги рачIуна гIаммаб хал-шал гьабизе рачун. Эндокринология хIажатал унтаралги гIемер дандчIвала. Амма нилъер гIадамазул квешаб гIадат буго — ахиралде ккезегIан чIолел рукIин.