Исана сентябралда 42-абилеб цIалул сон байбихьизе буго ДРялъул мустахIикъай мугIалим, РФялъул лъай кьеялъул хIурматияй хIалтIухъан, Хасавюрталъул педколледжалъул авар мацIалъул преподаватель Написат Расуловалъ.
Гьей ккола Унсоколо районалъул ГIашилтIаса. 1975 соналда, росдал микьгосонилаб школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана Хасавюрталъул педучилищеялде. 1979 соналдаса нахъе хIалтIана Хасавюрт шагьаралъул № 13 школалда байбихьул классазул мугIалимлъун. 1983 соналда гьей цIализе лъугьана ДГУялъул филологияб факультеталде. 1986 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго Хасавюрталъул педколледжалда.
Колледжалда хIалтIулаго, гьелъие мисаллъунги хьвада-чIвадиялъулъ мугъчIвалел хIубаллъунги ратана цереккун жиндие дарсал кьурал ва хадурккун ишцояллъун лъугьарал гIурус мацIалъул мугIалимзаби: ГIалиева Неля ва Садикъова Наида. Гьез кIудияб кумек гьабулаан Написатие щибаб дарсиде хIадурулаго.
Дагьал церегIан къоязда Н. Расуловагун дандчIвана дун ва нижеда гьоркьоб ккараб гара-чIвари бахъулеб буго жакъасеб номералда.
— Написат, букIанищ цогIаги ракI бухIараб къого мугIалимлъиялъул махщел тIаса бищиялдаса?
— ГьитIинаб къоялдаса нахъего анищ букIана мугIалимлъун яхъине. Лъеберго соналъ цебе колледжги лъугIун арал дир цIалдохъабаз, жакъаги дие кьолеб баркалаялъул калам рагIидал, йохула ва кидагIаги ракI бухIичIо тIаса бищараб махщалидаса.
— Авар мацIалъул дарсал кьеялъул рахъалъ щиб хIал бугеб жакъа?
— Расги лъикIаб гьечIо. Цо-цо эбел- инсуе бокьулеб буго лъималазда, гIагараб рахьдал мацIги малъичIого, ингилис мацI малъизе. Гьединаз гIемер абула щиб пайдайила бугеб рахьдал мацIалдасайилан.
Чадил гурони мацI лъалареб агьлуялда рахьдал мацIалъул кIвар бичIчIизабизе цIакъ захIмалъулеб буго.
Дица гIемер пикру гьабула шагьаралда гIумру гьабун ругел магIарулазул. КъватIиб, базаразда, тукабазда, идарабазда цо-цо магIарулазул калам рагIидал, гIундул ричIараб гIадаб хIал лъугьуна — я рахьдалаб гуреб, я гIурус гуреб, бичIчIулареб цо лугъат букIуна гьезул кIалдиса бачIунеб.
Хасго пашманлъизе бачIуна шагьаралда бугеб нилъер интеллигенциялъул хIисаб гьабидал, рахьдал мацIалдехун гьелъул цо-цо вакилзабазул бугеб бербалагьиги гьоркьоблъиги бихьидал.
— 25 соналъ цебе дуца гIуцIун букIана рахьдал мацIалъул предметиябгун циклияб комиссия…
— Гьеб колледжалда хIалтIулеб буго. Дица гIуцIарабги кколаро. Дица 25 соналъ нухмалъи гьабулеб буго гьелъие.
— Гьаб заманалда авар мацI лъазабулел педколледжалъул студентазул кинаб бербалагьи бугеб адабияталдехун, авар мацI лъазабиялдехун?
— Дир хIисабалда, нилъеца нахъаса къотIичIого бицинеги хъвазеги ккола мацIазул бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. ТIадчIей гьабизе ккола мацI гьечIони, халкъ букIунарин абураб пикруялда. Гьедин щибаб дарсида дица хIаракат бахъула лъималазул адабияталде ва мацIалде рокьи бижизабизе. Школалда рахьдал мацIалъул дарсазде хьвадаразда лъикI лъала ва гьез кIудияб рокьигун хIаракат бахъула гьелъул тIинде раккизе, амма школалда рахьдал мацIалъул дарсаздеги хьвадичIого рачIараз керен туризабулаха. Эбел- эмен рачIуна, бегьуларищила жидер лъимал гьеб рахьдал мацIаздаса эркен гьаризеян. Щибха гьединазда абилеб?
— БитIараб бугищ-гьечIищали лъаларо, амма хабар буго авар мацIалъул лъебералда ичIго падеж гIун бугин абун…
— 2007 соналъ РАНалъул ДНЦялда тIобитIун букIана гIел- мияб конференция падежазул хIакъалъулъ бицараб. Аслияв докладчи вукIана ХIамзатов АхIмад. Гьес бичIчIизабулеб букIана авар мацIалда микьго падеж гурони букIине кколарилан. Амма гьенир рукIарал гIалимзаби гьесда тIад рекъечIо ва гьез чIезабуна анцIила ичIго падеж букIине кколилан. БитIараб бицани, ХIамзатовасул пикру диеги гIагараб букIана. Щуабилеб сериялда предметиял цIарал кин сверизарилин дица суал кьедал, жавабги щвечIо.
— Написат, умумузухъа нилъее ирсалъе щвараб бечелъи — мацIги, адабиятги, маданиятги, тарихги цIуниялъе, дур пикруялда, щиб гьабизе кколеб?
— ТIоцебесеб иргаялда, рахьдал мацIазул закон тасдикъ гьабизе ккола. Гьединаб законалъ кумек гьабизе буго гIурус мацIалъулго гIадин, миллиял мацIазулги къадру борхизабизе.
Гьеб законги цебего хIадурун буго. ХутIун буго ДРялъул бетIерас гъулбас гьабизе.