«Нижеца ГIадилгерей тIасавищана»

Машгьурав министр телеэкраназде тIадвуссине вуго

 

2009 соналъул июналда, террористазул квердаса гIумруялдаса ватIалъарав, Республикаялъул Жанисел ишазул министрлъун вукIарав ГIадилгерей МухIамадтIагьировасул хIакъалъулъ кино бахъизе буго кватIичIого. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьал къоязда «Дагъ­истан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб прессконференциялда. Мо­скваялъул Горькиясул цIаралда бугеб киностудиялъги, «Дагъистан» кинокомпаниялъги цоцалъ рекъон гьабулеб буго кинабго хIалтIи.

 

 

Фильмалъе сценарий хъвазе буго Дмитрий Резаевас. 2021 соналде ки­налго кинотеатразда бихьизе рес буго гьеб кино. Гьелъул режисер ккола Александр Щурихин. 25 со­налъ цевеги щун вукIун вуго гьев нилъер республикаялде, «Талисман Любви» абураб кино бахъулеб ме­халъ. ГIадилгерейил бихьинчиясу­лаб хасияталъги, гIумруялда жаниб гьес живго кинав чи вукIаравали вихьизавиялъги цIакъ асар гьабун бугоан гьесие.

 

«ГIадилгерей гIадал бахIарчиял, бергьараб хасияталъул гIадамал гIемерал рукIунел ратиларо. Нижеца гIемерав чиясда цIех-рех гьабуна ва жеги гьабизеги буго киноялда жа­ниб гьесул образ рагIа-ракьанде щун кьезе. Гьесул гIага-божараз, цадахъ хъулухъ гьабулел рукIараз, гьудул гьалмагъзабаз гIемераб цIияб, це­беккун нижеда гьесул хIакъалъулъ рагIун букIинчIеб чанги жо бицана. Узухъда нижеца гьеб кинабго кино­ялда жаниб лъела», — ян бицана Алек­сандр Щурихиница.

 

 

Сценарий хъвалаго жиндие ас­лияблъун бугин, гIадан хIисабалда кинав чи вукIаравали бихьизабиян бицана пресс-конференциялда Дми­трий Резаевас.

 

«Блокбастер тайпаялъул филь­малда букIунебщинаб жо гьенибги букIине буго: вертолеталги, бро­нетехникаги, ОМОНги. Гьеб ки­набго бихьизабизе буго гIадатияб къагIидаялъ, техникаялъул букIине кколеб даражаялда рекъон. Амма дие аслияблъун буго ГIадилгерей гьеб киноялда министр яги Росси­ялъул бахIарчилъун гурев, инсан хIисабалда кинав чи вукIаравали бихьизаби. Телевизоралда щив вукIаниги вихьизавулелъул, гье­сул жанисеб тIабигIатги хасиятги добе нахъегIан ккун батула. Амма ГIадилгерей, киназго бицунеб гьесул кутакалда бахIарчияб, хIинкъи-къай лъалареб хасияталъухъ балагьичIого, тIоцебесеб иргаялда гIаданлъун вукIана. Жиндирго жанисеб рухIияб дунялгун, рекIел бухIигун, киназда­саго бахчараб асарги букIана гьесул, бокьарав чIагояв чиясулго гIадин. Гьеб кинабго рагьизе бокьун буго дие киноялда жаниб», — илан бицана сценаристас пресс-конференциялда.

 

 

«Ввысь» абураб кинокомпаниялъ­ул генералияв директор Рушта Руш­товасги абуна гьеб букIине бугин цохIо Дагъистаналдаги Россиялда­ги гуребги, дунялалъул даражаялда бахъараб блокбастералъулаб филь­милан.

 

Москваялъул Горькиясул цIаралда бугеб киностудиялъул цоялдаса цоял лъикIал махщелчагIиги гIахьаллъун, лъикIаб фильм бахъизе ракIалда бу­гин жидедаян бицана, «Дагъистан» кинокомпаниялъул вакил МухIамад ГIабдулкъадировас.

 

«КIиго сагIаталъул халалъи­ги бугеб хронометражалъулаб кино букIине буго гьеб. Узухъ­да ГIадилгерей гIадав чиясул хIакъалулъ кIиго сагIаталда жаниб би­цун лъугIуларо, гьесул гIумруялъул ахираб лъабго-ункъо соналда ккараб лъугьа-бахъинал рачине руго гьелъ жанире.

 

 

-Гьев кин къадаралде щварава­ли бицине бугищ гьениб?

«Буго. Бидулаз къорги гъун гьев гIумруялдаса ватIа гьавураб ку­цалъ саламатаб бакI кквезе буго киноялъул ахиралда. Гьединго гьев гIахьаллъарал терроралъул актал ккарал бакIазул, гьев хIалтIулев вукIараб куцалъул бицине буго сю­жеталда аслияб къагIидаялъ.

 

ГьабсагIаталда ниж хIалтIулел руго сценариялда тIад. ЦохIо Рос­сиялдаса гуребги, къватIисел пача­лихъаздаса актеразги гIахьаллъи гьабизе рес буго гьениб».

 

 

-Жиндир хIакъалъулъ художе­ствияб фильм бахъиялъе хас гьа­бун ГIадилгерей тIасавищиялъе гIилла кинаб ккараб?

«Имам Шамиль. Ахульго» абу­раб фильм къватIибе бачIун хадуб, гIемерал заявкаби рукIана нижехъе рачIунел. ГIемерал халкъазе бокьун буго жидерго миллияв бахIарчилъун вахъарав чиясул хIакъалъулъ гьеди­наб кино бахъизе. ХIатта жидерго чи­ясда цIар чIвалеб букIана Чачаназул, Ингушетиялъул гIадамазги. Амма нижеца тIаса вищана ГIадилгерей. Гьелъие гьев мустахIикъав вукIун».